Лъималазе магIу гьечIеб дунял

 

  Дагъистаналда гIумру гьабулеб буго батIи-батIиял унтабаздалъун инвалидлъи чIезабураб 38000 лъимералъ. Гьезул 20 процент ккола бохдул, гъуждул сакъатал ва гIаммал унтаби ругел. Гьел рикIкIуна «цIунараллъун». Гьелъул магIна ккола гIадамазда гьоркьор гIадатияб гIумру тIамизе гьезие цогидал лъимал-инвалидаздаса бигьаяб букIунин аби. ХутIараб 80 процент ккола гIакълу биххарал (ментальные нарушения), мацI бицине бажаруларел, хасияталъул рахъалъ нахъеккей бугел лъимал. ГIадатиял школазда цIализе гьезие захIмалъи букIуна.

   ГIадатиял лъималаздаса гIакълуя­лъулги сахлъиялъулги рахъалъ батIалъи бугел лъималазе лъай кьеялъул рахъалъ гьезул эбел-­инсуда гIемерал захIмалъаби дандчIвала.

  БахIарчияб хасияталъул, таваккалал умумуз гIемерисеб мехалда жидецаго яхI бахъула цIалулъги гIумру-­яшав гьабиялъулъги шартIал чIезаризе. Гьединазул цояй ккола МахIачхъалаялда гIумру гьабун йигей, «Жизнь без слез» жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулей ГIайшат ХIамзаева. Гьей ккола республикаялъул жамгIияб палатаялъул членги.

   ГIумру гьабиялъул рахъалъ хаслъаби ругел лъималазе ва гIолилазе лъай кьеялъул ва эркенаб заман тIамиялъул центр базе бакI щвезабуна гьелъ тахшагьаралда. ХIамзаевалъул хьул буго кида­ къадги Дагъистаналда инвалидазе санагIатал шартIал чIезарурал бакIал цIикIкIинин абурабги.

Центр базе ракь 10 соналъ ижараялъе кьун буго гьелъухъе.

ЛъикIал гIадамазул кумекалдалъун бакIарараб гIарцухъ гьениб ункъо соналда жаниб центр базе ракIалда буго ГIайшатида. Гьелъ хьихьун вуго гIумру гьабиялъул рахъалъ хаслъаби ругев жиндирго васги.

Экономисталъул хIалтIиги тун, ГIайшатица кинабго заманги къуватги вас гIезавиялде буссинабуна. Гьес мацI кватIун ва захIматго бицана. КигIан захIмат букIаниги, ГIайшатихъа бажарана вас гIадатияб школалде витIизе хIадур гьавизе.

Москваялда гьелъул васасул «аутизм» бугин абуна. Гьеб щибжоялицин лъалароан, бичIчIулароан доб мехалда чаракъосарай эбелалда.

Вас кIудияв гIуна. Гьанже гьесул жиндирго хъизанги буго.

ГурхIел-­рахIмуялъул ишазулъги гIахьаллъун, эбелалъе квербакъиги гьабула гьес. Инвалидазе квербакъулеб «Жизнь без слез» жамгIияб гIуцIиялда волонтерлъи гьабуна, хадуб педуниверситеталда цIалун педагоглъунги хIалтIулев вуго.

«Аутизм унти гуро, гьеб буго инсанасул жанисеб хIал. Инсан гIадамазда гьоркьов гIумру гьабулевги гьечIони, жинда гIадамалги ричIчIулел гьечIони, хIажатав, кIвар бугевлъун жив ватичIони, гьесие гIумру гьабизе захIмалъула», ­ ян абула ГIайшатица.

   Жиндирго лъимадуе кумек гьабун бажаридал, гьелъ хIукму гьабуна цогидазеги квербакъизе. Чанго соналъ цебе ХIамзаевалъ рагьана гIумру гьабиялъулъ хаслъи бугел лъималазе кумек гьабулеб цIалул рукъ. Гьенир лъимал ругьун гьарула гIадатияб яшавалде, малъула кверзул махщелал. Цо рокъов гIемерав чи хIебтIуларелъул, «Жизнь без слез» жамгIияб гIуцIиялъул вакилзабаз хIукму гьабуна школа­рукъ рагьизе. 2017 соналда жамгIияб гIуцIиялъ тIобитIараб «Зажги солнце» абураб телемарафоналда бакIарараб ва гьанже грант бергьун щвараб гIарцуде базе ракIалда буго центр.

Гьенире къабул гьаризе бегьула 6­18 сон бараб 150 лъимер -инвалид. ГIадамазда гьоркьор рукIа­ рахъинеги, жидеего хъулухъ гьабизеги, сверухъ бугеб дунялалъул хIисаб гьабизеги ругьун гьарула рехсараб гIуцIиялъул централда лъимал. Гьединго школалъул программаялъул аслиял дарсалги малъула гьез лъималазда.

 

ПатIимат СУЛТIАНМУХIАМАДОВА