ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовасул рагIабазда рекъон, 2017 соналде щвезегIан республикаялда хIалуцараб ахIвал-хIал букIана. Гьанже гьечIо, щайин абуни — хъачагъазул руккелал лъугIун.
Гьедин бицунеб буго Меликовас гьал къоязда «Коммерсанталъе» кьураб интервьюялда.
Гьес гьединго бицунеб буго Дагъистаналда гуребги, Северияб Кавказалдаги ахIвал-хIал гIодобиччаялъе кутакалда кумек кканила рагъулаб хIадурлъи бугел боевикал 2011-2014 соназда ГIагараб Бакъбаккул рахъалде иналъ.
Хадубго Меликовас кIвар буссинабулеб буго гIадатиял гIадамазги хъачагъазул рахъккунгутIиялде ва закон цIуниялъул хIалтIухъабаз жидерго хIалтIи лъикI гьабун букIиналде.
Гьес рехсолел (Сириялде арал) боевиказул гIагарлъиялъул цоцоязулгун гьабураб кIиго гара-чIвари кьолеб буго гъоркьехун.
«… ЖАЛ ИНЕ ККОЛААНИЛА. ЩАЙ? ЛЪИЦА РИТIУН?»
Наида (гьелъул вац чIвана Сириялда, нус хвана туснахъалъуй)
— Дида лъаларо дир вац дове иналъе гIилла. Амма лъида гьикъаниги, киназго цо кIадисан гIадин абулеб букIана жал ине кколаанила. Щай? Лъица ритIун?
Цо нухалда «Жди меня» передачаялдасан йихьизаюлей цо гIаданалъ бицунеб бугоан жинда кканила доба киназего кинабго чIобого кьолеб бугилан. Амма ахиралда гьеб гьереси батидал, гьелъулги цогидал руччабазулги рес букIун гьечIо дора ругел бихьиназ абураб гьабичIого. Гьедин унел рукIун руго гьел цоцада хадур цоял россабазеги.
Дир вац гьаб сверухълъиялдаго лъалаан. Кутакалда кверда махщел бугев сантехник вукIана гьев. Сириялде уневилан киданиги ккелароан дида гьев, щайин абуни гьесул загранпаспортгицин букIинчIелъул. Дир букIана гьеб, бича-хисизе жоялда хадуй Бакуялде уней йикIиндал.
Квешги-лъикIги, ун ратана гьел – васги хъизанги. Амма рокъоса къватIире рахъунелъул, гьез абуна жал Азербайжаналда йигей якьадалъухъе гьоболлъухъ унел ругилан. Рокъоб букIанщинаб меседги жиндирго хIалтIул алаталги ричун ратана гьес.
Цо чанго къоялдасан вац кIалъана дихъе жал Сириялде ине гIорхъода чIун ругилан. Гьабизе жоги лъаларого, цIоро-гъорон хутIана дун… ТIокIалъ ахIизеги бажаричIо гьесухъе.
Гьанже эбелалъ абула гьеб мехалда телефон жинца кодобе босун, жиндир гьаракьги рагIун, инчIого чIезеги рес букIанила гьев дове.
Хадуб Турциялдасан ахIун бачIана вацас. Щай дуца гьеб жо гьабурабилан цIехедал, жиндир батIияб нух букIинчIин, жал инчIелани, нужееги хIинкъи букIунаанилан жаваб кьуна вацас. Эбелалъул тIалаб гьанже дуца гьабеян тIадеги жубана.
Гьедин моцIгун бащдалъ тIагIун чIана гьел. ГIиракъалда лъимал ругей цо гIаданалъухъе ана дун гьелданиги лъалародай нижеразул хвел-рахъинилан цIехезе. БитIун гьеб мехалда видеоялдасан нусгун кIалъалей йигоан гьей. Дица вацасул васасе рахь гьекъезе босараб шиша бихьана дида гьеб видеоялдасан. Вагь, цощина нижер вацасул хъизанги нужер гьенибгицин гуродай бугебилан тамашалъана дун. Гьеб мехалда гьей гIаданалъул нусалъ щибниги бицинчIо. Хадуб, чамалиго моцIидасан нижер нус кIалъан ячIана жал ГIиракъалда ругилан. Гьедин лъабгониги сон бана гьез гьениб. Жал гIезегIан лъикI ругиланги бицунаан. Амма цо нухалда цIакъ рахIатхун кIалъана вац: щиб кканиги, дуца жиндир лъималазул тIалаб гьабейила, жиндир лъимал дур лъимал кколила. Гьединго бицана гьезда ругел гIужазулги тIанкIазулги.
Гьелдаса нахъе ана лъагIел. Мухтарги чIванин, гьесул лъадиги асирлъуде кканилан бицине цо гIадан кIалъана нижехъе. Туснахъалъуй хун рагIула гьейги. Вацасул букIана 29 сон, лъадул – 22. Гьезул лъимал (васги ясги) рачIине ккола кватIичIого. Дица хьихьизехъин руго гьел. Опекаялъул отделалдасан хIажатал документалги хIадурун руго дица.
Темирбулат (Сириялда чIвана гьесул вас, туснахъалда йиго ясги):
— Сириялде ун лъабго моцIидасан ахIун бачIана васас дихъе. Жиндие бокьун букIинчIин, амма гьедин кканинха абуна гьес, тIаса лъугьайила жинда. Лъугьинарин жаваб кьуна дица.
Гьесдаса цере доре дир ясги росги ана. Азербайжаналда бугеб гIагарлъиялъухъе щвезе унел ругилан гьерсалги рицун ана гьелги.
Я гьез, я васас гьеб жо гьабулилан киданиги ккелароан дида. Дун вуго росулъ вукIунев гIадатияв учитель. Дица гьезие кьун букIана кутакалда лъикIаб тарбияги тIадегIанаб лъайги. Амма дица гьел шагьаралде цIализе ритIун рукIана. Гьеб мехалда хутIана тIаса квер босун. Гьенив мажгиталдеги хьвадизе байбихьун бугоан васас. Щаялиго, бачIинахъего рекIее гIечIо дие гьеб. Нижеца рокъоб какдин тIалаб гьабулароан лъималаздаса. Я рокъовги чIун бай как, яги мажгит хисеян абидалги, инарилан дунги махсараде ккун, гьебго мажгиталде хьвадулев вукIун вуго вас.
Гьеб мажгиталде хьваданщинал гIолохъаби Сириялде ана доб мехалда. Гьединлъидал гьезул эбел-инсуца ахиралда цIаги гъун бухIана гьеб. Имамги туснахъалъув лъуна.
Нижер дурц салафияв кколаан. Гьеб мажгиталде хьвадулев чи хIисабалда полициялъ хасаб сияхIалдеги восун вукIана. Амма гьес гIадамазе зарал гьабулароан. Дербенталъулин абулеб гамачI бекIкIулев устар вукIана гьев.
Дир васги Москваялда гIемер тIалаял минаби ралеб бакIалда краналда хIалтIулев вукIана. Сириялде гьенисан ана гьев. Гьелде щвезегIан рокъове вачIун вукIана гьев жиндир- го унтараб-тараб бакI сах гьабизе.
Цинги Сириялда бугеб унго-унгояб хIакъикъат бихьидал, нижер лъималаз хIалбихьулеб букIун буго гьениса лъутизе. Нусго километр тараб бакIалда чIезеги гьабун, гьел рекIараб автобус нахъбуссинабун буго аскарияз.
ПалхIасил, васги дурцги чIвана. Гьанже яс хутIун йиго доя, лъабго лъимерги буго гьелъул.
«ПАРАХАЛЪУН ЧIЕЗЕ РЕС ГЬЕЧIО»
«Новое дело» газеталъул бетIерав редактор ХIажимурад Сагитовасул рагIабазда рекъон, Дагъистаналда терроралъул хIинкъи лъугIанилан киданиги ракIалде ккезе бегьуларо.
«Нилъ руго Бакъбаккулги БакътIерхьулги рахъазда гьоркьор. Жакъа гьеб Бакъбаккул рахъалда кколел руго цIакъго гIемерал лъикIал гурел лъугьа-бахъинал; гьениб ахIвал-хIал хIалуцинабулел чагIазда абуни жидедагогицин лъалеб гьечIо ахирги жал кире унел ругелали, щиб жидеца гьабизе кколебали. Узухъда, гьединаб бакIалда бигьаго гIеларищха экстремисталги. Гьедингоги квешаб гIамалалда ругьунал чагIи хадурккунги эркенго разилъиларищ чIвай-хъвей гьабизе. Квеш ккараб жо буго гьенир жеги-жеги нилъер ракьцоялги хутIун рукIин. Нагагьлъун рокъоре тIад руссине ракIалдеги ккун, гьел гьанире рачIани, ругьунаб пишаялда рукIинарищ гьел? Гьединлъидал гьанже нилъер гьаниб терроризмалъул ричIчIи бакъвазабун бугилан закон цIунулел парахалъун чIани, Дагъистан 2010 соналде тIад буссине рес буго. Амма жидеца хIалтIи кьваризабизе кколилан, жидерго мукъсанал мурадазе яги щибниги бецIизе къваригIун гIорхъолъа рорчIарал жал гьаризе гьелги лъугьине бегьуларо. Гьеб мехалдаги системаялда данде чIола халкъ, хасго гIолохъаби. Гьел- де кIвар буссинабизе ккола нилъер политиказ, депутатаз, жамгIиял хIаракатчагIаз, журналистаз. Гьединго гIолохъаби дандечIезе руго рукIа-рахъиналъул шартIал мукъсанал ругониги, тIадчагIаздаса ритIухълъи гьечIолъи бихьаниги. Гьеб мехалда гьеб ритIухълъи цойги бакIалдасан балагьизе лъугьуна гьел», — ин бицана ХIажимурад Сагитовас.
Гьесул пикруялда рекъон, гьаб сагIаталда бугеб парахалъи лъугьана закон цIунулез хъачагъазул бищунго вахIшиял церехъаби тIа гIинариялдалъун. Гьел тIаде гIун рачIинчIолъиялъе гIилла ккола цебеялда дандеккун гIадамазул бербалагьиги хисун букIин, муфтият сабаблъун гьезулъ динияб лъай камиллъи, рукIа-рахъиналъул даража хиси, хасал хъулухъазул хIалтIи лъикIлъи.
Зульфия ХIАЖИЕВА