МахIачхъалаялда тIобитIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул 12-абилеб сессия Сессиялъул хIалтIи нухда бачана республикаялъул парламенталъул председатель Хизри ШихсагIидовас. Данделъиялда гIахьаллъана ДРялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповги. Рамазан ГIабдулатIиповас абуна, жив хъулухъалдаса нахъе унев вугилан. Гьес депутатазе баркала кьуна цадахъ гьабураб пайдаяб хIалтIиялъухъ ва жив хъулухъалдаса унилан ракIхун рукIунгеянги т1аде жубана. «Москваялда руго бекерулеб гIанкIцин чIвазе бажарулел чагIи. Гьез...
