Дагъистаналъул нухмалъулев дандчIвана районазул бутIрулгун 29 ноябралда ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев дандчIвана ЦIумадаги ЛъаратIаги районазул бутIрулгун. АнвархIажи Вечедовасги (ЦIумада) Ражаб Ражабовасги (ЛъаратIа) гьесие бицана районазул социалиябгун экономикияб хIалалъул хIакъалъулъ.АнвархIажи Вечедовас бицана ЦIумада районалъул аслияб магIишатлъун боцIухъанлъи кколин. Гьелдаго цадахъ цIумадисез гIезарула могьолалгун тIоролал культурабиги, овощалги, гIисинпихъги. Районалъул бетIерасул рагIабазда рекъон, исана тIоцебесеб...
