Лъим дагьлъиялъеги гIилла лъазабила

18-20 сентябралда МахIачхъалаялда, «Россия – дир тарих» музеялда, рагьана «ГIолохъанал гIалимзабазул IV конгрессалъул» спутник-тадбир. Гьеб рагьиялъул бутIаялда гIахьаллъана ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместителал Муслим Телякавов, Ризван ГъазимухIамадов, ДРялъул лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министр ЯхIя Бучаев, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул лъай кьеялъул ва гIелмуялъул комитеталъул председатель Елена Павлюченко, РФялъул пачалихъияб политикаялъул департаменталъул гIелмиябгун технологияб отделалъул нухмалъулев ГIали Асадов, министерствабазул хIалтIухъаби ва гIалимзаби.

«Форумалъул хIалтIул лъабго къоялда жаниб гIолохъанал гIалимзабаз жидедаго лъалеб цоцазда бицина, бихьизабила ва церечIарал масъалаби тIураялъе нухал ралагьила. Гьел республикаялъе санагIатал, хадурккунги практикаялда х1алтIизаризе бегьулел нухал рукIинин ккола», — ян абуна данделъи к1алъалаго М. Телякавовас.

Тадбиралъул хIакъалъулъ гьадин бицана ЯхIя Бучаевас: «ГIолохъанал гIалимзабазул конгресс Россиялда тIобитIизе байбихьана 2022 соналдаса нахъе В. Путинил бихьизабиялда рекъон. Исана спутник-тадбир (конгресс тIобитIизе буго ноябралъул ахиралда «Сириусалда») тIобитIизе рес щвана Дагъистаналъе. СияхIалда букIараб 50-ялдаса цIикIкIун регионалда гьоркьоса нилъер республикаялда гьаб тIобитIизе щвей кIудияб талихI ккола. Нилъер гIалимзабаз тIаса рищарал кIвар бугел суалазда гьоркьоса ункъоялъул гьал къоязда халгьабизе буго. Гьел киналго ккола республикаялъул экономикаялъе кIвар бугел рахъал», — ян.

Данделъи рагьулаго гьалбадерида бихьизабуна Дагъистаналъул тIабигIаталъулги гIадамазулги хIакъалъулъ бахъараб видеоролик.

Гьеб тадбиралъул программаялда рекъон, къокъабазде, секциязде рикьун, гIалимзаби хIалтIана ункъо кIвар бугел рахъазда тIад: тIоцебесеб къокъа — «Селекционные и технологические особенности адаптации отраслей растениеводства в условиях глобального изменения климата»; кIиабилеб – «Комплекс мер по борьбе с опустыниванием в северных равнинных районах Дагестана»; лъабабилеб – «Разработка технологий концентрирования и извлечения редких щелочных металлов из высокоминерализованных геотермальных вод РД»; ункъабилеб – «Выработка предложений по смягчению последствий изменения уровенного режима Каспийского моря для экономики Дагестана».

ДРялда гIемерал руго минералиял лъиналги, иццалги, хIоралги. Киназдаго бихьулеб батила ахирал соназда Каспий ралъдал лъим дагьлъулеб букIин, цере гIадамал чвердолел рукIарал бакIазда жакъа салул авлахъал лъугьунел рук1ин. Гьеб х1алалда лъим дагьлъулеб бугони, чIегIернарт бахъиялда, порталде гуми рачIиналда, ралъдалъ ччугIа гIезабиялда ва цогидалги рахъазда гьеб хъинтIоч1ого хутIуларо.  Гьеб гуребги, туризмалдаги социалиябгун экономикияб рахъалдаги кьаби щвезабизе рес буго.

Соналдаса соналде рехун толел руго ракьал, чIороголъулел руго ахал хурзал — гьал темаби рорхулел рукIана тадбиралда данделъарал гIалимзабаз.

Цоцазул хIалбихьиялдаса пайда босизе, жидецаго хIалтIизарулел къагIидабазул бицине лъикIаб дандеруссинлъунги лъугьана гьеб.

Дагъистаналъул х1албихьиял гьарулеб станциялъул (ФГБНУялъул филиал) директор Киштили Куркиевас бицана 25 чиясдаса гIуцIараб къокъаялда жидеца борхулеб бугин цIибил, ахбазан гIезабиялъул, хисулеб гьава-бакъалда рекъон гьеб бижизабиялъул суал.

Каспий ралъдалъ лъим дагьлъиялъул бицунеб къокъаялъухъ гIенеккидал батIи-батIиял пикраби загьир гьаруна гIалимзабаз. РукIана лъим дагьлъи х1ухьел бахъун иналда бараб бугин абулел, цогидаз загьир гьабуна Кара-Богаз-Гол (Каспий ралъдал бищун кIудияб залив, Туркменистаналъул рахъ) заливалде лъим унеб бугин абураб пикру.

КIиабилеб къоялъ гIалимзабазул къокъаби сапаралъ ана жидерго темабазда данде кколел бакIазде. ТIоцебесеб къокъа – Дербенталъул чогърол заводалде, кIиабилеб – Нугъай районалде, лъабабилеб – «Роснефть-Дагнефть» ОАОялде, литий гъорлъ бугеб лъел хIорихъе (Берикей), ункъабилеб – Алмалоялде ва Сулахъ къварилъухъе.

Щибаб къокъаялъ, рузман къоялъги данделъун, жидерго пикраби загьир гьаризе руго.

 

РНФ: щиб гьеб кколеб?

Россиялъул гIелмияб фонд (РНФ) гIуцIана 2013 соналда РФялъул президент В. Путинил бихьизабиялда рекъон. Фонд гIуцIаралдаса нахъе грантазул кумекалдалъун цIех-рехал гьариялъе биччан букIана 220 миллиард гъурущ ва гьелдаса пайда босана Россиялъул 83 регионалдаса 80 азаргоялдаса цIикIкIун цIех-рехчияс.

Жакъаги фондалъ гIарац биччала гIелмуялъе, экономикаялъе, жамгIияталъе кIвар бугел цIех-рехал гьариялъе, Россиялъул гражданазул гIумру ва шартIал церетIеялъе. Гьеб фонд хIалтIула цохIо гIалимзабигун, жамгIиятгун гуребги, хIукуматалъул нухмалъулелгунги. Гьез цадахъ рекъон нухал ралагьула регионазда социалиябгун экономияб рахъ цебетIеялъеги.

2024 соналда РНФялъги Дагъистаналъги къотIи-къай гьабун букIана, гIелмияб жамг1ияталъгун цадахъ рекъон конкурсалги тIоритIизе регионалъе кIвар бугел масъалабиги тIуразе.

2025 соналдаса нахъе гьел проектал г1умруялде рахъинаризе Дагъистаналъул бюджеталдаса биччазе буго 25 миллион гъурущ, гьедигIанасебго къадар — РНФялъги.

Конкурсалда гIахьаллъи гьабизе бегьула Дагъистаналда ругел Россиялъул гIелмиял академиязул ва регионалиял тIадегIанаб лъай кьеялъул гIуцIабаз.

ПатIимат МухIамаева