ХIурматиял дагъистаниял!
Баркула нужеда пачалихъиял байрамазул бищунго магIнаяб, кIвар бугезул цояблъун кколеб Россиялъул Федерациялъул Конституциялъул къо!
ТIолгохалкъалъ гьаракьги кьун аслияб Закон къабул гьаби ккола нилъер улкаялъул тарихалда цебетIеялъул заман кIодогьабилъун, жибго жиндаго чIараб (сувереннияб) демократияб федеративияб, правовияб пачалихъ гIуцIиялъе щулияб кьучIлъун, гьелъ бихьизабуна анцI-анцI соназ цебеккун нилъер цебетIеялъе стратегияб нух.
РакIчIарав вуго, Конституциялда мугъчIвайги гьабун, гьелъул бугеб гучги, ресалги гIумруялде рахъинарулаго захIмалъаби къезаризе нилъеда кIвезе рукIиналда, церечIарал масъалаби тIуразариялъе ресал ратизе рукIиналда, гражданазул ихтиярал, гражданияб рекъел ва эркенлъи цIунизе, жамгIияталда разилъи букIинабизе, республика цоккураб хIалалъ цебетIеялъул нухде бачине нилъехъа бажаризе букIиналда.
Гьарула нужее щулияб сахлъи, икъбал, ВатIан цебетIеялъе гьарулел лъикIал ишазулъ бергьенлъаби!
В. Васильев,
Дагъистан Республикаялъул бетIерасул ишал тIуралев