Анкьил хIасилал

Аслияб мурад –  цадахъаб хIалтIи гьаби

 

МахIачхъалаялда тIобитIана «Россиялъул бусурбабазул рухIияб ирс цIигьаби» абураб темаялда гIелмиябгун практикияб конференция

Гьенир гIахьаллъана Дагъис­таналъул бетIерасул ишал тIу­ралев Владимир Васильев, рес­­публикая­лъул муфти АхIмад-хIа­­жи ГIабдулаев, Россиялъул бу­сур­бабазул рухIияб собраниялъул муфти Альбир Крганов, Северияб Кав­казалъул бусурбабазул коорди­нациялъулаб централъул предсе­датель ИсмагIил Бердиев, РФ­я­лъул ФСялъул сенатор Ильяс ГIу­­маханов, Дагъистаналъул дина­лъул комитеталъул председате­ла­сул ишал тIуралев МухIамад ГIаб­дурахIманов ва цогидалги. Дан­делъиялда кIалъалаго Владимир Васильевас абуна:
— Дагъистаналъул буго бахIар­чияб халкъ. Гьеб лъала Россия­лъул нухмалъиялдаги. Дун ккола советияб заманалъул ва гьеб гIуцIиялъул тарбия щварав чи. Со­вет улка биххараб мехалда, цIакъ­го захIмат букIана халкъа­лъе. ГIемерлъана рикьалабиги. Гьеб заманалда халкъалъулгун гIа­ммаб мацI батизе хIаракат ба­хъана батIи-батIиял диназул це­ре­хъабаз. ГIадамал гьезухъ гIене­ккана. Жакъаги нилъ цадахъ рекъон хIалтIизе ккола. Гьелъ гурони лъикIалде рачунаро. Россиялъул хIукуматалъ жакъа кIудияб кIвар кьолеб буго Дагъистаналъул гIадамазул гIумру социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетIеялде. Масала, арал соназде дандеккун, 2018 соналъул бюджет цIикIкIинабуна. Гьелда разилъана Федералияб собраниялъул депутаталги. Амма нилъеца щибаб гъуршил жаваб кьезе ккола. Гьедин гьабулеб буго дицаги. Гьедин гьабизе буго хутIаразги. Цадахъ лъугьун къеркьезе руго ришватчилъиялде дандеги. КIвар кьезе ккараб хIал буго МахIахъалаялда гIадамал раччулеб транспорталдеги. ГIемерисел микроавтобусал руго советияб заманалдаго ру­кIа­рал. Амма гьабсагIаталда гьединал автобусал лъугIизаризе бегьуларо, щайгурелъул гьезда хIалтIулез жидерго хъизамал гьениса щвараб гIарцухъ хьихьун ругелъул. Гьелъулги пикру гьабизе ккола. Жакъа нилъ данделъун руго цадахъ рекъон хIалтIизе ккеялъул бицине. За­ман щун буго Самуралъул рохьалда сверухъ бугеб ахIвал-хIал роцIинабизеги. Рохьги цIунизе, лъе­далъун гIадамалги хьезаризе нухал ратизе ккола.
Конференциялда кIалъалаго, ,гьадин абуна муфти АхIмад-хIа­жи ГIабдулаевас:
— Гьадинал тадбиразул жакъа кIудияб кIвар ва хIажалъи буго. Гьелъ квербакъизе буго бусурбабазул рухIияб ирс хадусел наслабазе цIунун хутIиялъе. КъваригIун буго гIолилазулгун гьабулеб хIалтIуде дагьабги цIикIкIун кIвар кьезе. Экстремизмалъул ва терроризмалъул асир­лъуде гьел кколареб хIалалда гьелгун хIалтIизе хIажат буго. ГIа­лимзабазулги рухIиял церехъабазул­ги рес буго гIолилазда гьоркьоб би­чIчIикьеялъул хIалтIи гьабизе. Гьелъие киналго ресалги руго. Масала, гьелъул бицине бегьула мажгитазда ва цогидалги жамгIиял бакIазда.
Данделъиялда кIалъана Иляс ГIумаханов, Альбир Крганов, Исма­гIил Бердиев, СКФОялда вугев пре­зидентасул вакиласул кумекчи Алексей ХIасанов ва цогидалги.