Баркала цадахъаб хIаракаталъухъ

МахIачхъалаялда тIобитIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул 12-абилеб сессия

 

Сессиялъул хIалтIи нухда бачана республикаялъул парламенталъул председатель Хизри ШихсагIидовас. Данделъиялда гIахьаллъана ДРялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповги.

Рамазан ГIабдулатIиповас абуна, жив хъулухъалдаса нахъе унев вугилан. Гьес депутатазе баркала кьуна цадахъ гьабураб пайдаяб хIалтIиялъухъ ва жив хъулухъалдаса унилан ракIхун рукIунгеянги т1аде жубана. «Москваялда руго бекерулеб гIанкIцин чIвазе бажарулел чагIи. Гьез президентасда цо-цо лъикIал гьечIел хIукмабиги гьаризарула. Амма ТIадегIанасул хъвайи гьечIеб хIукму къабул гьабун бажаруларо президентасухъаги», — ян бицана Рамазан ГIабдулатIиповас. Гьес абуна, жиндихъа бажаранин Дагъистаналъул къадру борхизабизеянги.
Информалатазул баяназда ре­къон, 27 сентябралда Рамазан ГIабдулатIиповас абуна, жиндиего бокьун, ДРялъул бетIерлъиялдаса нахъе ине вугин. Гьелъие гIиллалъун рехсана 71 сонил ригьалде вахин. Республикаялъул нухмалъулевлъун вищизе бегьулел гIадамазда гьоркьор рехсолел руго Росгвардиялъул нухмалъулесул заместитель Сергей Меликовги, ДРялъул МВДялъул министр ГIабдурашид МухIамадовги ва цо-цо цогидазулги цIарал.
Халкъияб Собраниялъул сессиялда цебелъун букIана кIикъогониги суал. ДРялъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель Анатолий Карибовас гьениб бицана «Человеческий капитал» проект гIумруялде бахъинабиялъул хIакъалъулъ.
Сессиялда халгьабуна налогазулги, пенсионеразе моцIалъ гIумру гьабизе гIолеб гIарцул къадаралъулги, машгьурал дагъистаниязулги, тарихиял лъугьа-бахъиназулги баянал даимлъизариялъулги, 2016 соналъул бюджет тIубазабиялъулги ва цогидал масъалабазулги хIакъалъулъ хIадурарал законазул проектазухъ.
Каспийск шагьаралъул социалиябгун экономикияб хIалалъул хIакъалъулъ данделъиялда бицана муниципалитеталъул бетIер МухIамад ГIабдулаевас.