Баркула ВатIан цIунулезул къо!

«ХIакъикъат» казияталъул редакциялъ ракI-ракIалъ баркула киналго бихьиназда ВатIан цIyнулезул къо! Гьарула нужее кидаго щулияб сахлъи, халатаб гIумро, талихI, рохел! 

 

Нижер редакциялда ругел киналго бихьиназе ва подписчикабазе гьарула киданиги рагъул кьогIлъи бихьунгутIизе, кидаго жидерго хъизан-лъималаздаса рохун хутIизе, халаб гIумруги, лъикIабщинаб хабарги.

 

Хасаб рагъулаб операциялде ккаразе гьарула бергьенлъиги босун хехго рокъоре тIадруссине. Хъизаназде, лъималазде, гIагаразде аскIор. Аллагьас хьихьаги нуж, кирехун кканиги! 

 

Аллагьас цIунаги нуж тушманасул яргъидаса, квешабщиналдаса! Баркала нужее жакъа нижее гIоло тушманасда данде рахъаралъухъ!