Расул магIарул мацIалъ — БагIараб майданалда…

Анапа

— Валлагьгиха яц, Баху, рилълъаралго лъикI нилъ гьанире, ине кколареб бакI лъан букIине. Лъималазда Расулищ лъалев, гьезие гьесул интересищ букIунеб, щибгIаги нилъеца лъималазда бицине кколеб? Жидерго тик-токазде къулун долги, цIакъав чи вукIана Расулилан нилъги рукIинаха, -йилан къулкъудилаго МухIамад БисавгIалиевги дунги Анапаялда бугеб кIудияб ТIолгороссиялъул лъималазул центр «Сменаялде» къватIире рахъана.

– Расулил асаралги рокьуларев, гьелги цIалуларев чийищ вукIунев? Валлагь лъала лъималазда Расул, — илан къезе чIолей йикIинчIо дунги.

Нижеда ракIалда букIана алхIам цIалилалде самолеталда Сочиялдеги щвелин, гьединго гьенисан Анапаялдеги роржинилан. Гьаб ахираб заманалъул лъугьа-бахъиназда бан Краснодаралъулгун Анапаялъул аэропорталги къан, ункъо сагIаталъ поездалда, цоги ункъо сагIаталъ машинаялда, щвана «Сменаялде». Гьез цIакъ рохун къабул гьаруна. Амма щивасда, — Валлагь рачIунароанха ниж гьадаб нухги нахъа тун, нужее кьураб рагIи хвезабичIого рахъана къватIире, — йилан жиндирго рекIекълъи загьир гьабичIого чIолев вукIинчIо МухIамад.

Квеш-лъикI тIаде щвана лъималгун дандчIвалеб заман. Нижеда абуна Расул ХIамзатовасул площадкаялде къокъаби ккун рачIине ругила лъимал. Радал ичIгоялдаса къаси анлъго тIубазегIан ункъо лъималазул къокъаялъеги цо «Сменаялъул» нухмалъулезул ва гьалбадерил къокъаялъеги бицине кколила нужеца Расулил.

РачIана лъимал. Жиндирго къагIидаялъ, бокьарав чиясе асар гьабуледухъ МухIамадица Расул ХIамзатвасул бицине лъугьиндал, лъимал цIакъ кIвар кьун гIенеккана, суалал кьезе лъугьана. Жидеда кучIдул лъалила ва цIаланилан абидал вигьа-вичана ав, цо ясалъ цееги яхъун «Къункъраби» ахIидал тIубанго рази-ракилъана ва доб лъималазул хIакъалъулъ букIараб пикру партIан гIодобе рехана БисавгIалиевас.

Лъималазул къокъаби цояздаса цоял чIагоял, бицунелъухъ гIенеккизе бокьулел, жидедаго лъалебги бахчун толарел рачIана. ГIемерисел, кинаб кочIол, асаралъул, тIохьол нижеца бицунеб бугониги, гьеб параялъ интернеталдасан гьеб балагьизе лъугьунел рукIана.

Дицаги гьезие Дагъистаналъул хаслъиялъул, гIемерал миллатазул, мацIазул, гьел цIуниялъул, гьел мацIазда къвартиIре риччалел газет-журналазул, лъималазда рахьдал мацIал лъазе бахъулеб бугеб хIаракаталъул бицана. Гьезие цIакъ гIажаиблъи гьабуна щай гьединал гIемерал миллатал ва мацIал Дагъистаналда ругелалилан ва кин нилъ цоцазда ричIчIулелилан. Гьеб бакIалда МухIамадица гьезие бицана Расул ХIамзатовасул «Дир Дагъистан» тIохьода хъван бугеб бицен. Гьеб гуребги гьеб тIохьода Дагъистаналъул хIакъалъулъ гIемерал кицаби, биценал, абиял, тарихалдаса хIужаби, гIадатал ругилан бициндал, киназго щулияб рагIи кьуна «Дир Дагъистан» цIализе. МагIарул мацI рагIизе, Расул ХIамзатовасул кечI магIарулалъ цIалейиланги гьарана щибаб къокъаялъул лъималаз.

ХIасил-калам, чIахIиязулгун букIараб данадчIваялдаса лъималазулгун дандчIваял лъикIал рукIана. Гьенир ратана цIакъ цIодорал, цIалдезе бокьулел, гIемераб жо лъазе бокьулел лъимал ва МухIамадил пикру тIубанго хисана. Гьениса руссун кIиго къо балалде, КIудияв шагIир Расул ХIамзатовасул баракаталдалъун ниж цIидасан Москваялде роржана.

 

Москва

Москваялъул БагIараб майданалда чанго къоялъ унеб букIараб ТIолгороссиялъул тIахьазул цебелъеялда Расул ХIамзатовасул къо 6 июналъ букIине бугилан, гьенире щвана ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб Аваразул музыкалиябгун драмаялъул театралъул директор, хъвадарухъан, журналист МухIамад БисавгIалиев, чанго мацIалда рахъулел «Литературияб Дагъистан» ва «Лачен» журналалъул бетIерав редактор Мурад АхIмадов, жамгIияйгун гIелмияй хIаракатчIужу, шагIир Миясат Муслимова ва дун.

Дида бичIчIанихъе гьадаб БагI

араб майданалда лъураб анцIила ункъабилеб палаткаялда гъоркь букIараб гьитIинаб мажлисалъул букIана кIудияб магIна – Расул ХIамзатов кIодо гьавун, тахшагьаралъул бищун кIудияб майданалда авар мацI рагIизабизе. МагIарул мацIалда микрофоналдасан кечI рикIкIунаго дида кколеб букIана, гьаб майданалда вугев цониги магIаруласда:

Гьобол хисуларо тIадмагIарулас,

ТIадегIанаб улка кинан хисулеб, — илан Расулил рагIаби рагIани, кинаб асардай гьесул рекIее лъугьунебилан. Дагь-дагьккун аскIосан унел щиналги лъалхъун, гIодор чIолел бакIалги лъугIун, рахун чIаразул читIирги гIуна гьениб.

Миясат Муслимовалъ бицана Расул ХIамзатовасул асаразул кIодолъиялъулги, гъварилъиялъулги, исана къватIире риччарал цIиял тIахьазулги. Мурад АхIмадовас ракIалде щвезаруна гьесулгун рукIарал дандчIваял ва эмен – Дагъистаналъул Халкъияв шагIир МухIамад АхIмадовасулгун ва эбел – Дагъистаналъул Халкъияй шагIир ва таржамачIужу Марина АхIмадова-Колюбакиналъулгун букIараб гьудуллъиялъул. Гьез гIурус мацIалда цIакъ берцинго рикIана ва цIалана кучIдул. Амма цо-цо гIурусаз магIарулалъ цIалейиланги гьарулеб букIана. Жидеца рокъор цIакъ къиматалда цIунун ругел Расулил тIахьазул бицунеб букIана, цIиял росизе щоларищилан гьикъулеб букIана.

Цинги БисавгIалиевас бицана Расулил васигаталда рекъон жинца гьабураб хIалтIиялъул ва хIадурун бугеб тIехьалъул. ШигIраби гурелги таржамабиги рукIанила Расулил, щибав поэтасул хаслъи цIунарал, цоцаздаса ратIа-рахъизе лъалел.

 

Гьасул ярагъ цIерлъун кенчIелеб буго,

Каранзул чвантиниб гIарцул гуч буго.

Лебалаб гIаларча, жиб гьури гIадин,

Жал-рачI хьвагIулаго, боржунеб буго… , — йилан, живго Расулица цIалулеб хIисабалда Кремлялъул къадаздаги тункун зодоре роржунел рукIана, Расулица авар мацIалде буссинабураб Пушкинил «Полтава» поэмаялъул рагIаби.

Живго Пушкин гьавураб къоялъ Расул ХIамзатовасул таржамаялда Пушкинил асар магIарул мацIалъ цIалулеб букIана Москваялъул БагIараб майданалда.

 

Гьеб гурищ хIикмат! КIудияб букIинчIо гьеб мажлис, амма кIудияб асар гьабуна гьелъ гьенир рукIанщиназе. КIудияб лъалкI тана киназулго рекIелъ.