Лъабго лагералъ рагьана нуцIби

 

   Дагьаб цебегIан Шамил районалъул МачIада росулъ рагьана Расул ХIамзатовасул цIар кьураб лъималазул цIияб лагерь. Гьеб рагьиялъул хIурматалда рохалилаб тадбирги тIобитIана гьениб.

   Шамил райадминистрациялъул пресс-хъулухъалъул хIалтIухъан Меседо Ибрагьимовалъ гьадин бицана лагералъул хIакъалъулъ: «МачIада росдада тIаса, рохьил ахалъуда, гIатIидаб майданлъиялда буго лъималаз риидалил хIухьбахъиялъе бараб гьеб комплекс.

   Бихьарасда гурони, гьениб бугеб берцинлъиялъул бицун бичIчIиларо. БацIцIадаб гьаваялъги, сверухъ ругел батIи-батIиял гъутIбузги, хIанчIаз рачунел бакъназги хIайран гьабураб гьеб сверухълъи, жеги берцин гьабулеб букIана гьенире рачIарал лъималазухъ балагьидалги.

   Лъимал спорталъе ва кьурдуе ругьун гьаризе, гьединго эркенаб заманалда гьел цIалдезе ва батIи-батIиял хIаял тIоритIизе шартIалги чIезарун руго гьенир.

   Лагерь рагьизе кьучI лъурав ва жиндиргоги гIагарлъиялъулги кумекалдалъун гьеб базе кумек гьабурав чи ккола райсобраниялъул депутат ШейхмухIамад Шамилов», — ян.

   Шамил районалъул нухмалъулесул заместитель МахIач МахIачевасул рагIабазда рекъон, Расул ХIамзатовасул цIаралда МачIада барабги малъун, гьанже лъабго лагерь буго районалда.

   — Рорхатал мугIрузда гьоркьоб, лагерь базе дагьаб санагIалъи гьечIеб бакI букIиналъ, гIемераб къоги бихьанин абизе бегьула Ш. Шамиловасда. Бугониги, жиндаго ракIалде ккараб иш рагIалде бахъинабуна гьес. Гьанже МачIада буго 260 лъимер къабул гьабизе кIолеб берцинаб лагерь.

   Гьединго Къваниб буго 1998 соналдаго рагьун букIараб «Рохел» абураб лагерьги. 2010 соналда гьелъие щун букIана «Республикаялда бищун лъикIаб лагерь» абураб цIарги. Гьебго соналъ сверун гъутIбиги чIун, берцинги гьабун букIана гьеб. Исана гьелъ къабул гьабуна 330-гIанасеб лъимер.

   Лъабго соналъ цебе КъахIиб росулъ рагьараб «ГIалило» абураб лагералъги исана къабул гьавуна 260-гIанасев чи.

    Лъабго соналъ цебе КъахIиб росулъ рагьараб «ГIалило» абураб лагералъги исана къабул гьавуна 260-гIанасев чи.

   ГIаммаб къагIидаялъ 800-гIанасеб лъимералъ хIухьбахъи гьабулеб буго исана Шамил районалъул лагеразда, — ин бицана М. МахIачевас.