ЦIулдаса ГIумарасхIабил Чеченалда араб гIумру

Дие рокьуларо гIадамал реццарал макъалаби хъвазе. Амма гьанже хъвачIого гIолеб гьечIо. Гьеб реццги гуро, амма гьаниб дица рехсолел чагIи реццалъе мустахIикъал руго. Гьезулгун лъай-хъвай ккараб къогоялдаса цIикIкIун соналъ мадугьалихъ рукIаниги, дида гьезулъ цониги тохлъи бихьичIо. Гьединлъидал мех-мехалда ракIалде ккола ЦIулдаса ГIумарасхIабги Сугъралъа Аминатги дирго кьолбол чагIилъун ратун рукIараланищан.

ГIумарасхIаб МухIамадовас 35 соналъ директорлъи гьабуна Каспи ралъдалъ бугеб Чечень чIин­кIиллъиялъул школалъе. Хъизан Аминатги гьенийго ингилис мацI, география предметал кьолей йикIана.
2019 соналъул марталда ГIумар­асхIаб Аллагьасул къадаралде щва­на. Гьеб ишги ккана школалда. Щибго гьечIого вукIарав чи лъа­вудаса ана ва вертолёталда Ма­хIачхъалаялде хъамуна. Амма тох­турзабазда кIвечIо Аллагьасул къа­даралда данде чIезе.
5 октябралда кIодо гьабураб учителасул къоялъ Аминатица гьадин ракIалде щвезавуна ГIумарасхIабги, гьевгун цадахъ чIинкIиллъиялда тIамурал соналги, гьесул эбел-эменги. СагIадул ГIабдулагьил Аминатин абула сугъулдерица гьелда.

СубхIанатги АмирхIамзаги

ГIумарасхIаб гьавуна цоцазул адаб бугеб, гьитIинго захIматалде куцараб хъизамалда. БитIараб нухдасан гурони ине бегьунгутIиялъул кьучI лъун букIана эбел-эмен СубхIа­натицаги АмирхIамзацаги гьесулъ.
Кутакалда рацIцIадал чагIи ру­кIана гьел, мунагьал чурадал. Дир Аминатилан рукIунаан дидаги. Бе­цIизе цониги как яги кIал хутIун бу­кIинчIо гьел кIиязулго.
ИчIго лъимер букIана СубхIана­тилги АмирхIамзалги – анлъго ясги лъабго васги. ГIумарасхIаб кколаан кIиабилев.

ЧIинкIиллъиялда

ДГПИялъул химиялъулгун биологиялъул факультет лъугIун хадуб лъабго соналъ Кьорошив учительлъун хIалтIана ГIумарасхIаб. 1983 соналда лъугIана гьебго институталда дир цIалиги.
Амма магIарухъе тIад руссинчIого, шагьаралдаго чIезе ракIалде ккана. БитIун гьеб мехалда Чечень чIинкIиллъиялда ункъо учитель къваригIун вукIана – къватIисел пачалихъазул мацIазул, география­лъул, химиялъулгун биологиялъул. Лъабго соналъ гьенир хIалтIани, МахIачхъалаялда рукъ кьелинги абулеб букIана нижеда. Гьединлъидал гьенире ине ракIалде ккана.
Каспи ралъдаца сверун ккураб, салул цIураб, цIулал гьитIинал минаби ругеб росу батана гьеб. Кьолболъанго гьенир гIумру гьабулел рукIарал чагIи ккола гIурусал. БатIиял миллатазул ункъо-щуго хъизан гурони букIинчIо гьениб доб мехалда.
ЧIухIараб клубги букIана, гьанже биххун тIатIала ккун бугин гьеб. 1860 соналда ингилисаз бараб маякги буго. Жакъа къоялъги хIалтIулеб буго гьеб.
Гьениб букIана аэродромги, больницаги, библиотекаги, почги, сельсоветги, тукенги, метеостанцияги, колхозги, лъималазул ахги. ХутIана гIицIго школа.
КГБялъ изну кьурав гурони, бокьа-бокьарав чиги гьениве виччалароан. Гьелъие гIилла букIана Каспи ралъдалъ хIалбихьиял гьарулеб полигон букIин. Масала, цо кIудияб гидросамолёт букIана гьениб, «Каспиялъул монстр» абун америкая­лъулаз цIар кьураб.

Чеченалдаса гIурусал

Диеги ГIумарасхIабиеги кутакалда асар гьабуна чIинкIиллъиялъул гIадамаз. Ралъдалъ жанир, цогидал росабаздасагун шагьараздаса рикIкIад гIумру гьабулел рукIиналъ, гьезул рукIа-рахъинги XVII-XIX гIасруялъул гIурусазулалда релълъараб букIана. Масала, киналго руччаби рукIунаан кIазалги чIван. Доб мехалда ботIрода кIазал къалел руччаби (ясал) гьедигIан гIемер рукIунароан МахIачхъалаялдаги цогидал бакIаздаги.
ЦIакъ жидерго диналда божулел чагIиги ратана гьел. Светиял байрамазул ургъел букIунароан гьезие, диниял байрамазулгIан. Гьез мугъчIвай гьабулаан насраниязул календаралде. Масала, Илья абурав аварагасул къоялъ кинаб гьава-бакъ букIун батаниги, гьелда бараб букIунин лъагIалил гьава-бакъилан рикIкIуна гьез. Гьединго гьеб къоялъ гьаризе бегьулелги бегьуларелги жалги рукIуна гьезул.
Кутакалда бихьиназул къимат гьабулел чагIиги руго гьел. Хъизаналда аслияв чилъун бихьинчи вукIуна. Сам абун рукIуна гьел. Дихъе рачIарал руччабаз ГIумарасхIаб рокъов вугищан гьикъизе «Сам (хозяин) дома?» абун цIехолаан.
Бихьинчи рокъов гьечIони, чIужугIадан киданиги киениги (байрамазде, гьоболлъухъ яги цогидаб къваригIелалъ) унароан. Цо нухалъ мадугьалзабазул вас армиялде унеб бакIалде ячIарай дихъ чIваркьун балагьун чIана гьел руччаби. Гьезие ккараб бичIчIуларого дунги йикIана. ГIумарасхIаб шагьаралде ун вукIана гьеб мехалда.
ЧIинкIиллъиялъул гIадамаз кутакалда лъикI къабул гьаруна ниж. Масала, мадугьалалъ анкьабго соналда жаниб щибаб къойил бежун кьолаан чед. ГIурусазул печь хIалтIизабизе лъалеб букIинчIо дида. Школалдаса гьелде регIулароан. Дица ролъул хъап щвезабун толаан гьелъухъе.
Гьединго нижер боцIи-панз­ги мадугьалзабаз тIубалаан. ЧIинкIил­лъиялда гIадамал цIакъ цудунго рахъуна тIаде. Рогьалилъго рукъ-бакIги бакIарун, хадур боцIи-панзалде ру­ссуна. Нилъер (бусурбабазул) бай­рамазулги цIакъ адаб гьабула гьез. Масала, жидерго байрамкъояз яги хириял къояз хIалтIичIого, хIу­хь­бахъизе чIола гьел. Нилъер байрамкъоязги хIалтIудаса гIодорчIола (ТIадегIанав Цо вугиланги абун). Хасго КIалбиччанкъоялъ асар гьабулаан гьезие. Гьеб баркизе, къачIа-кIатIан, радалго нижехъе рачIунаан.
ЛъагIалицаги хIалтIун нахъе инилан рукIарал ниж, гьардон, гьенирго чIезаруна гIадамаз. Гьединго лъагIалидасан ГIумарасхIабие гьениб директорасул хъулухъги кьуна. Нижги разилъана.
Гьеб мехалда ГIумарасхIабица кьучIдасанго хисизабуна школа: ремонт гьабуна, къайи-цIа хисана. Школалда цебехун бугеб бакIалде, ракьги баччун, пастIан гьабуна. Цинги цIалдохъабигун цадахъ картошка чIана. Нужеца гьениб бекьараб жо щибилан гьикъизе гIурус-кIодабиги рачIунаан. Гьелде щвезегIан картошка кин бижулебали бихьун букIун гьечIо гьезда.
Советияб заманалда Чеченалда букIун буго хIатталдаса ун бечедаб колхоз — ччугIа ккун, гьелъул хIалтIи гьабулеб.

ГIумарасхIаб

ТIаде балагьун росдал школалъул учитель цо кIудияб кIварго гьечIев чийин ккезе рес буго. Амма гьединаб бакIалда учительги директорги тIалъиялъул вакиллъунги вихьула гIемерисезда. Гьединлъидал кинаб къваригIел кканиги, гьезухъе рекерула. Цо заманалда херал чагIаз уколал гьаризецин ахIулаан ГIумарасхIаб, гьесул квер тIадагьаб бугиланги абун.
Чеченалъул цIалдохъабазул хIисаб гьабун абуни, нижехъа бажарана Сорбоннаялъулги Пекиналъулги университетазде рорчIизегIанасеб лъай гьезие кьезе. Лъималги дагьал рукIун (5-7 цIалдохъан), учителасул ирга щолаан щибаб лъимералде (цо заманалда бищун цIикIкIун 11 лъимер букIана классалда).
Жидеда дарс бичIчIичIилан гьез абиларедухъ ГIумарасхIабица къо­йилго учительзабазул дежурствоги чIезабун букIана. Рокъоре риччан хадур бакъанида цIидасан рачIунаан лъимал дарсал гьаризе школалде.
Гьезул эбел-инсулги цIакъ лъикIаб бербалагьи букIунаан школалдехун. Гьенире жанире хьиталги рахъун гурони рачIунароан гьел.
ГIумарасхIаб вукIана дуняла­лъул боцIуда хадув лъугьунарев, гIадатияв чи. 1990-абилел соназда захIмат букIана гIумру гьабизе. Гьединлъидал гIемерисез бетIербахъи гьабулаан ччугIа бичун. Директорасул харжалда божун чIечIого, гьебго гьабизе ГIумарасхIабги лъугьунарогоян гIажаиблъун рукIунаан гьел. Амма гьединаб жо къабуллъулев чи вукIинчIо дов.
Директорлъи гьабизеги бигьа букIинчIо гьесие, хасго 1990-абилел со­назда. Сундулъго бичча-бихъан тей букIиндал доб заманалда. Школалда ремонтги уборщицаялъгун цадахъ жинцаго гьабулаан. ТIокIаб лъиданиги абулароан кумекалъе рахъаян, лъихъаниги гIарацги бакIарулароан.

Ралъадги живгоги

Жавабчилъиги къохIехьейги бу­кIана ГIумарасхIабилъ. Гьелъие кIи­го мисалги бачинин.
РФялъул Пачалихъияб Ду­ма­­ял­де депутатал рищи­зе хIадурулел рукIана. Вер­­то­лет ба­чIине кколаан бюллетенал­ги росун. МахIачхъала­ялде арав ГIумарасхIабги вачIинин гьелда рекIунилан йикIана дун. Амма квешго накIкIги лъун букIун, вертолёт Лопатино абураб бакIалда рещтIун буго. Бюллетеналгун цадахъ ГIумарасхIабги гьенивго тун вуго. Нахъисеб къоялъ байбихьулаан рищиял. Гьезде щвезеян абун ГIумарасхIаб Лопатиноялдаса расаги бачун вахъун вуго ралъдалъе. Амма бакьулъе щведал моторги хун, раса чIун буго. Зажигалкая­лъул канлъухъе расаялда тIад щибниги гьечIолъи бихьун буго гьесда – я жилетал, яги лъим ххалел жал. ГIицIго якорь батун буго.
Гьеб мехалда ГIумарасхIабица байбихьун буго цебе рехун якорьгун, цIан гьелъул кваргун, раса цебехун бачине. Гьедин гьабун буго анкьго километр тезегIан. Рищиял байбихьилалде жив чIинкIиллъиялде щвезе кколин абураб пикругун, бид рецIцIулел, гьорорал квералгун радакь вачIана ГIумарасхIаб рокъове.
Цоги мисал. ЦIияб соналда це­бесеб къоялъ лъималазе ёлка­ял­даги сай­гъатаздаги хадув Ма­хIач­­хъалаялде ун вукIана гьев. Нахъ­вуссун вачIиналде бахъана квешаб гьуриги, бачIана зампари бихъулеб цIоройги. Гьанже гуреб гьанже вихьилин ралъдалъан вачIунев чийилан, ралъдал рагIал мерхьуней дунги йикIана. Амма гьадинаб пуй-чIваялда къватIиве вахъунев чи вукIунарилан, мадугьалас дун рокъое йитIана.
ГIемер заман иналде мадугьалзабазул вас векерун вачIана ГIумарасхIаб тIаде щванила, жиндихъго бугеб къайи босизе гьес ниж ралъдал рагIалде ахIулел ругилан бицине.
Дун екерана гьение. Вай, гъаринха, ГIумарасхIаб, гьадинаб къиямасеб къо чIараб мехалда вахъинчIониги бегьулароанищин мун къватIивеян абуна дица. Гьеб жо рагIулеб хIал эсул букIинчIо. ЦIияб сон байбихьилалде школлъимал роххизаризе сайгъаталги росун тIадвуссиналдаса воххуца холев вукIана. Гьебни гIицIго школалъе гуребги, тIолабго Чечень чIинкIиллъиго гIахьаллъараб байрам букIана.
Директорин абун, лъималаздехун кьвари бихьизабиги букIинчIо гьесул. Цо нухалъ школалда жанире лъугьун ратун, цо васал рачун рачIун рукIана хъаравулас. Амма ГIумарасхIабица берцинго хабарги бицун, кибениги лъазабичIого, риччан тана гьел. Чиясул гIумру хвезабизе кутакалда бигьаяб жо бугин абулаан гьес.
ГIадамазул бербалагьиги гьединабго букIана ГIумарасхIабидехун. Школалда квеш лъугьун, гьесда хадуб вертолет бачIараб параялъ гIурусал рокъоре рекерун руго гьев хвасар гьавеян Аллагьасе какал разе. Жидеца кинаб кумек гьабилебин Франциялдаса бахъарабцин ахIун бачIана нижер цIалдохъабазги.