Интернеталъул гIасруялъул гIузраби

Компьютеразул хIаяз 12 миллиард гъурущ «кванана»

 

«Яндекс. Кассы» абураб интернет-тукабазул кассаялъ ва Data Insight компаниялъ гьабураб цIех-рехалда рекъон, Россиялда 2018 соналда онлайн-хIаязул «къайи» босун буго 11,6 миллиард гъурщиде. NewZoo аналитикияб агентствоялъул баяназда рекъон, дунялалдаго компьютеразул ва видеоялъул хIаязде машгъуллъун вуго 2,3 миллиард чи. «Российская газеталда» хъвалеб буго улкаялда 43 миллион чи машгъуллъун вугин компьютеразул хIаязде. Гьезда гьоркьоб онлайн (Интернеталъул кумекалдалъун) хIала 18 миллион чияс. Интернеталъул хIаязул щивав геймерас (хIалев чи), гьоркьохъеб хIисабалда, лъабго моцIида жаниб цо нухалдагIаги саламатаб къадар гIарцулги хвезабулеб буго. Унго-унгояб, рокъоб хIалтIизабизе бегьулеб къайи гуреб, дунялалдаго гьечIеб, цогидаб къагIидаялъ абуни «маргьабалъа» къайи босун буго 12 миллиард гъурущ гIарцуде. Гьебщинаб гIарацги гьорохъ биччан, гIарац гьечIилан зигардилелги рукIуна гIадамал.

Маргьабалъа «къайиялъухъ» —
унго-унгояб гIарац

Онлайн-хIалев чияс унго-унгояб гIарацги кьун росула персонажал (гIахьалчагIи). ХIаялъулъ тIаса рищизе бегьула батIи-батIиял гIахьалчагIи. ХIалев чияс жиндирго персонажасе босула виртуалияб (унго-унгояб гуреб) къайи. Гьединго хIалезда гьоркьоб тIибитIун буго гурхIел-рахIмуялъе гIарац бакIариги, гьезда абула донаталилан (донат – кьезе, сайгъат гьабизе). Онлайн-хIаязда, виртуалияб къайи босун, гIарац хвезабулеб буго Россиялда гIумру гьабун вугев миллион чияс, гурхIел-рахIмуялъе гIоло хIаяздасан гIарац битIана 10 миллион чияс. Компьютералъул ва мобильниял хIаязда хайир гьабула гьел хIаял гIуцIарал гIадамазги хIаязул хIакъалъулъ бицунезги хIалеб къа­гIида малъулезги (стримеры).
Россиялда вуго 2000 стример. Гьез хIаял хIалеб къагIида видеоялда бахъун Интернеталда тIибитIизабула. БатIи-батIиял хIаязе реклама гьабуралъухъ цо-цо машгьурал стримеразе моцIрое щолеб мухь миллион гъурщидеги бахуна. Гьезие щолеб хайира­лъул 25 процент ккола рекламаялдаса, 60 процент донатазухъ ва 15 процент стримингалъухъ (хIазе малъи). БатIи-батIиял хIаязда гIахьаллъулел гIа­дамаз виртуалияб къайи босизелъун гIарацги кьун росула донатал, цо-цояз жидеего рекIее гIолел стримеразул картаялде битIула гIарацги.
Аслияб къагIидаялъ онлайн-хIаяз­да гIарац хвезабула 14-54 сон бараз: 46 процент руччабаз ва 54 процент бихьиназ.

Россия — 12-абилеб бакIалда

«Global Games Market Report» компаниялъ 100 улкаялда гьабураб цIех-рехалда рекъон, компьютералъул хIаял ричун росиялъул рахъалъ 12-абилеб бакIалда буго Россия. 2016 соналда жаниб 1,7 миллиард долларалде хIаял росун руго россиялъулаз. Видео-хIаял росиялъул рахъалъ тIоцебесеб бакIалда буго США – 20,5 миллиард доллар, кIиабилеб бакIалда Китай – 17,9 миллиард доллар, лъабабилеб бакIалда Япония — 12,2 миллиард доллар.
ЦIех-рехазул баяназда рекъон, 2016 соналда дунялалдаго ричун руго 95,2 миллиард долларалде хIаял. Аналитиказ абулеб буго 2019 соналда дунялалдаго ричулел видео-хIаязул багьа бахине бугин 100 миллиард долларалде.
Онлайн-хIаязда ругезул 80 проценталъ гьоркьоса къотIичIого хвезабулеб буго хIаязда гIарац. ХIаязда щивав геймерас хвезабулеб буго, гьоркьохъеб хIисабалда, лъагIалида жаниб 3800 гъурущ. Комьютералъул онлайн-хIаязда хайир гьабун буго лъабго миллион россиялъулас.
2017 соналда геймераз росарал хIаязул приставкабазухъ гIага-шагарго 3,2 миллиард гъурущ ун буго. 2018 соналдайин абуни 3,9 миллиард гъурущ. ХIаязда гьоркьор бищунго ричун унел ва хайир бугеллъун ккола Фортнайт, Контр Страйк, Дота, Танкабазул хIай ва цогидалги. 2018 соналда, дунялалдаго гьел тайпаялъул хIаязда 5,7 триллион гъурущ хвезабун буго (ричун росун ва виртуалияб къайиялъухъ кьун).

Киберспорт

Россиялъул СМИяз хъвалеб букIана DotA ва Dota2 компьютералъул хIаял улкаялда гьукъизе ругин, 18 сон базегIан лъималазе гьел хIаял гьукъизе кколин, щайгурелъул гьениб каннибализм (гIадамасул гьан квин), мехтел бихьизабулеб бугин. Гьеб хIай хIазе регистрация гьабулелъул, хIалезул ригьцин цIехоларо. Амма жакъа къоялдаги бокьараб ригьалъул гIадамаз хIалеб буго гьеб компьютералъулаб хIай. ХIатта, киберспорт школаздагицин факультативияб дарслъун лъезе бугин бицунеб буго.
Интернет цебетIеялъул институталъ абулеб букIана хIалбихьи хIисабалда школалда киберспорталъул дарсал кьезе лъикIаб букIинин. РФялъул Лъайкьеялъул министерствоялъги жаваб кьуна школаз тIаса бищизе бегьулин жидеего бокьараб факультативияб дарсилан абун.
Россиялда киберспорт рикIкIуна спорталъул тайпалъун. Компьюте­ралда нахъа гIодорчIун батIи-ба­тIиял (рагъулал) хIаязда чIел босула ва гIарцулал шапакъатал щола киберспортсменазе. Геймерал гIадин рекIелгъеялъе хIаларо ва хIаязда гIарац хвезабуларо гьез, гьелъул гIаксалда, киберспортсменал гIахьаллъула кIу­диял аренабазда тIоритIулел къецазда ва бергьаразе гIарац щола. Москваялда буго лъабго киберстадионги.
Киберспорталъулъе уна Dota 2, League of Legends ва Counter-Strike ва цогидалги анцI-анцI батIиял хIаял. Гьел киналго ккола чIвай-хъвей гъорлъ бугел хIаял. Соналдаса соналде киберспорт цебетIолеб буго, гьелдаго цадахъ цIикIкIунел руго рекIелгъеялъе гьел хIалел геймералги. Киберспорталъул чемпионатал тIоритIула ва бергьаразе шапакъатал кьола гьел хIаял гIуцIарал компанияз, гьединго гьеб бизнесалъулъ гIахьаллъула дунялалдаго бечедал бизнесменал. Киберспорталъул тарихалда, къецазда бергьаразе бищунго кIудияб гIарцулаб шапакъат кьуна Dota 2 хIаялда – кинабниги 87,4 миллион доллар.
Гьединаб гIарац хвезабилароан, гьелдаса жеги цIикIкIараб пайда щолеб букIинчIебани. Пайдайин абуни щолеб буго телефон кодоб кквезе бажараралдаса нахъе нилъер лъималаз хIалел ругел хIаяздаса. Нилъер лъималазе кинаб пайдаха гьездаса щолеб бугеб? ХIаязда чIвай-хъвей, рагъ, цоцазул къайи бахъи гIадал зулмабазде ругьун гьариялъ лъималазул психикаялъе кинаб асардай гьабулеб? Лъимал гурелги, гIолохъабиги гIемер руго компьютералъул ва видеоялъул хIаязул геймераллъун лъугьун.

ВахIшилъиялде ругьунлъи

Дагъистаналдаги дагьал гьечIо компьютеразулгун видеоялъул хIаязде машгъуллъарал гIадамал. Гьезда гьоркьор камуларо хIаязда къайи босун гIарац хвезабулелги.
Цо-цояз компьютералъул хIаял хIалел руго хIалтIудаса рокъоре щвейгун, свак бичизеян абун. Гьединазда рагIи кин абилеб хъизан-лъимал хьихьизе гIураб гIарацги гьабун, жидеего бетIер чучиялъе хIалел ругин абун гурони. Гьел гурелги, дандчIвалел ругелъул хIалтIи щолеб гьечIин абун рокъорги кIусун къаси ва къад заман батIабахъичIого компьютеразда жанирго «гIумру гьабун ругел» хъизамалъул бутIрулги. ДандчIвала компьютеразул хIай сабаблъун ратIалъарал хъизамалги. ГIемерисел гIолилал руссунел руго компьютеразул хIаялъул залаздеги. ЦIехани, гIарац гьечIилан абулев гурони чи дандчIвалареб республикаялда гьединал рекIелгъеязеги ихтилатазеги гIарац кисадай щола? Анлъго сон баралдаса нахъе компьютеразул хIаязде ругьунлъарал лъималазул, кIудиял гIураб мехалда, кинаб яшавдай букIине бугеб?
Америкаялъул гIалимзабаз цIех-рех гьабуна компьютералъул хIаял хIалел гIолилазул махщалил. Компьютералъул яги цогидал хIаял хIаларезде дандеккун геймеразул пикру цо бакIалде буссин, ракIалда жо чIей, хехлъи лъикIаб букIин чIезабуна гIалимзабаз. Гьез халгьабун гьечIоан видеохIаяз инсанасул гIамалалъе кинаб асар гьабулебали. Амма гIемерисел гIалимзабаз рикIкIунеб буго вахIшилъи ва зулму гъорлъ бугел видео-хIаял хIалел гIадамазул унго-унгоги къварилъи ккарав чиясда ракI гурхIи букIунебго гьечIин яги гьеб цIакъ загIиплъулеб бугин. Ахираб заманалда гIолилазда ва цIалдохъабазда гьоркьор гIемер дандчIвалел руго компьютералъул хIаязда кинигин рагъи, цогидазе зарал гьаби. Халгьабидал компьютералъул хIаязул ратулел руго квешалги лъикIалги рахъал. Квешал рахъаздаса кинха нилъерго лъимал цIунилел? Интернеталъул гIасруялда, компьютеразул хIаяздаса тIубанго инкар гьабун бажариларо, амма щибаб жоялъулъ гьоркьохъеб, ай лъикIаб рахъ батизе рес буго.
ПатIимат СултIанмухIамадова