Тарихалде сапар

Дагъистаналъул маххул нухал

 

Маххул нухал ккола, тIабигIаталъул хиса-басиязухъ балагьичIого, лъа­гIалил бокьараб заманалда квалквал гьечIого хIалтIулел нухал. Халкъияб магIишат, экономика, промышленность церетIеялъе гьелъул бергьун кIудияб кIвар буго. Кида Дагъистаналде маххул нух щвараб, кинаб бугеб гьелъул тарих, республикаялъул экономикаялда гьелъул кIвар, жакъасеб ахIвал-хIал?

Тарихалъ нугIлъи гьабула

ГIемерал соназ халатбахъараб Кавказалъул рагъ лъугIун хадуб, пачаясул Россиялъ пикру буссинабуна Дагъистанги Кавказги улкаялъул централиял регионалгун маххул нухги лъун гIагар гьабизе. Гьелдалъун тIубалаан чанги кIвар бугеб суал: тIабигIиялгун магIданиял нахърателаздалъун, сурсатаздалъун бечедаб Кавказалъу­л ракьалдаса империялъул экономикаялъе пайда боси, цо хIалккун чIоларел, мукIурлъи къабуллъуларел мугIрузул халкъазда тIад кверщел щулалъизаби, зама-заманалда Россиялъулгун кьал ахIулел Ираналъул­гун ва Турциялъулгун гIорхъоде ярагъгун аскар рехизе ккани маххул нухлул букIине бугеб стратегиялъулаб кIвар. Россиялъул цебегосеб гьеб анищалъе квалкваллъун букIараб, бахъараб хвалчен гIодоб лъолеб букIинчIеб Дагъистанги Чачанлъиги кверде росун хадуб, байбихьана империялъ Кавказалде цIикIкIараб кIвар кьезе.
Кавказалде маххул нух лъея­лъул рахъалъ Петербургалда букIана кIиго батIияб пикру бугеб къокъа. Пачалихъалъул советалъул председатель, кIудияв гиназ Михаил Николаевичас ва рагъулав министр Ванновскияс рахъкколеб букIана БетIераб Кавказалъул щобазда гъоркьан туннельги гьабун Владикавказалдаса Тифлисалдехун маххул нух лъеялъул проекталъул, кIиабилез – Кавказалда вугев пачаяс сардар Воронцов-Дашковас, гIурусазул техникияб жамгIияталъул член-корреспондент Ю. Проценкоца ва академик Г. Абихица абулеб букIана Каспиялъул рагIаллъудасан Петровскиялде (гьанжесеб МахIачхъала), гьениса Бакуялде нух лъезе кколин. Гьезул рахъккуна пача Александр III.
Маххул нух гьабиялъе ихтияр щвана коллежский асессор Рудольф Штейнгелие. Гьес гIуцIула Ростовалъулгун Владикавказалъул маххул нух гьабиялъул акционерияб жамгIият ва лъабго соналдасан Владикавказалде нух гьабун лъугIула.
1885 соналда Россиялъул императорас тасдикъ гьабула министрзабазул кабинеталъ Владикавказалдаса Петровскиялде 250 версталъ маххул нух лъеялъул рахъалъ гьабураб проект. Гьелда тIад харж гьабизе бихьизабула 12,7 млн гъуруш гIарац.
1891 соналъул 24 маялда байбихьула Беслан станциялдаса Грозныялде, гьениса Петровскиялде нух гьабизе. Нух бахъиялъул бетIерав инженерлъун тIамула Михаил Кербезд. Гьесулго нухмалъиялда гъоркь гьабуна хадуб Петровск – Дербент – Баку маххул нухги.
Петровскиялде бачIунеб маххул нух ине кколаан Таргъу мегIералъул ахалъудасан. Амма гьелда данде­чIана купецал (даранчагIи) ва ччу­гIихъаби. Щайгурелъул гьез ралъдал порталдаса (порт бан букIана 1861-1870 соназда) шагьар­къотIун Тар­киялде щвезегIан баччизе кколаан жидерго къайи. Гьезул гьари­ялдалъун ва тIадецуялдалъун ралъдал рагIалчIван маххул нух лъезе хIукму гьабуна. Маххул нухлуе хIа­жалъулел мастерскаял ва депо гьаруна шагьаралъул севериябгун бакъ­тIерхьул рахъалда. Гьедин гIун бачIана Петровск – Кавказский поселок (гьанжесеб ТIоцебесеб Ма­хIач­хъала).
1884 соналъул 17 маялда официалияб къагIидаялъ рагьана Сулахъ гIоралдаса Петровскиялде щвезегIан маххул нух ва шагьаралде бачIана тIоцебесеб поезд. 1896 соналда Петровскиялда вокзалалъе бана ганчIил гьабураб кIитIалаяб минаги. (1970 соналъул авалалде щвезегIан гьеб мина цIунун хутIунги букIана).
1898 соналъул 25 октябралда маххул нух щвана Дербент шагьаралде, 1900 соналъул 1 январалда — Бакуялде. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабидал, Россиялъул император НикIолайица Кавказалда вугев гражданазул ра­хъалъ бетIерав командующий генерал-адъютант гиназ Голицинихъе битIараб телеграммаялда хъвалеб буго: «Дун талихIав вуго рельсазул нухалдалъун Закавказье Россиягун цолъиялдаса. ЦIакъ разияв вуго хIалтIаби хехго гьариялдаса», — абун.
Дагъистаналде маххул нух гьаби ва жибго поезд бихьи нилъер гIадамазе букIана гIажаибаб жолъун. Дагъистан областалда бана маххул нухлул анцIго станцияги – Чирюрт, Темиргъое, Петровск-Кавказский, Порт-Петровск, Манас, Буйнакск, Гъаякент, Мамедхъала, Дербент, Белиджи ва 14 разъезд, бана анцI-анцI кьо, 53 мина. Каспиялъул рагIаллъиялъул гIодоблъиялдаса гьабураб маххул нухалъ цIикIкIараб асар гьабуна Дагъистан социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетIеялъе, гьеб гьоркьобе цIана тIолгороссиялъул дармил бухьеналде. Маххул нух гьабиялдалъун Дагъистаналда байбихьана чIахIиял промышленниял предприятиял разе, шагьранухал гьаризе, гьез рикIкIадал мугIрузулал округал, росаби цоцалъ рухьинаруна, рухьинаруна Россиялъул цогидал регионалгунги. МагIарулазул гIумру цебетIеялъе хасго цIикIкIараб асар гьабуна 1915 соналда Петровскиялдаса, областалъул тахшагьар, Темир-Хан-Шураялде маххул нух лъеялъ. Гьеб нух гьабиялъулъ цебехъанлъи ва хIаракатчилъи бихьизабун гуребги, гIарцудалъунги квербакъи гьабуна Темир-Хан-Шураялдаса ресалда вугев Даидбег Даидбеговас. Маххул нухаздасан Дагъистаналде бачIине лъугьана цIул, махх, нарт, ретIел, ххам, ролъ ва цогидабги мануфактура. Дол соназул цо документалда хъвалеб буго: «ГьанжелъизегIан гIиял рехъабиги, боцIул рехьедги, гIухьбиги гурого рихьулел рукIинчIел авлахъал чIаголъизе лъугьана. Дагъистаналъул гIодоблъиялда рагьизе байбихьана фабрик-заводал, росаби, поселокал ва шагьарал, гIатIидал нухал», — абун.
Хасаб тарих буго маххул нухлул ва гьелъул хIалтIухъабазул кIудияб Октябралъул Социалистияб революциялда лъураб бутIаялъул. Маххул нухлул хIалтIухъаби рукIана Дагъистаналда тIоцебесеб хIалтIухъабазул класс, пролетарал. Гьез гIахьаллъи гьабуна 1905 соналда букIараб тIолгороссиялъул багъа-бачариялда, 1917 соналъул революциялда. Гьаниб рехселин дол соназул цо кIвар бугеб лъугьа-бахъинги.
1920 соналъул март моцIалда Дагъистаналдаса лъутулел деникинилаз, Петровскиялда гумуздаги рекIун нахъе унелъул бухIана ралъдал порт, цIа бачIунеб букIана аскIобго бугеб маххул нухда чIараб динамиталъул ва пироксилиналъул цIураб 22 вагоналъул составалде. Гьезде цIа щун букIарабани шагьарго щущахъ биххизабиялда хIинкъи букIана. Гьеб мурадгун гъун букIана деникинилаз порталда цIаги. МухIамад Хутинаев абурав асатIинас-машинистас ва гьесул гьалмагъзабаз вагоналги данд­регъон, хехго состав хъамуна Манасалъул рахъалде, Тарки-Уйташалде. Гьесул бахIарчилъиялдалъун хвасарлъана шагьарги гIадамалги.

Буйнакск – Тифлис маххул нух

Араб гIасруялъул къоабилел соназда ВКП(б)ялъул Северияб Кавказалъул крайкомалъ СССРалъул Маххул нухлул министерствоялда цебе суал борхана Буйнакскалдаса Тифлисалде, гьенисан Армениялде маххул нух лъезе бегьиялъул. Географиялъул картаялде балагьани, гьеб букIана Закавказьеялъул кIиябго республикаялде бищун къокъаб манзил бугеб нух. Гьелъул рахъкколезул аслиязул цояв вукIана крайкомалъул секретарь А. Микоянги. Цебегоялдаса нахъе азербайжаназулги эрмениязулги дандеккунгутIаби рукIинги хIисабалде босун букIун батила А. Микояница, Азербайжаналдасан гьабичIого, Дагъистаналдасан маххул нух Армениялде лъеялъул рахъ кколебги. (Хадубккунги Армениялде маххул нух лъуна ЧIегIерралъдал рагIалдасан, Гуржиялъан).
Академик ХIамид Бучаевас бицана: «Буйнакскалдаса Тифлисалде маххул нух лъеялъул рахъалъ цIех-рехал гьарулел рукIараллъи хIакъаб жо буго. 1924 соналда гьеб суалгун Дагъистаналде вачIун вукIана СССРалъул Маххул нухазул министерствоялъул жавабияв хIалтIухъан Марков абулев чи. БакIалдаго гьес цIех-рехал, хIисабал гьаруна. Дир пикруялда, маххул нух лъезе гьес тIасабищун букIун батизе бегьула Авар гIорккун жаниблъи, ай Аваро-Кахетиялъул нух. Гьеб нухда гьаризе кколел рукIун руго чанго гьитIинал туннелал, БетIераб Кавказалъул Вантляшевский габурлъиялда гъоркь кIудияб туннельги. Цебеккунисеб цIех-рехги гьабун, Марков Москваялде тIадвуссана маххул нух лъезе бегьиялъул пикругун. 1925 соналда Марков кIиабизеги вачIана Дагъистаналде. Цадахъ чIужуги ячун вачIарав Марков, гьелда Сарыкум салул гохI, басрияб Хъумторхъала ва цогидалги тIабигIиял бакIал рихьизаризе тира-сверизе уна. Гьенир гьел ккола хъачагъаз, чIвала чIужу ва живго. Гьелдалъун лъугIула Буйнакск-Тифлис маххул нух гьабиялъул ишги. Марковасул хIурматалда Буйнакск районалъул цо совхозалъе кьола гьесул цIар. МахIачхъалаялъул цо къватIалдаги лъола Марковасул цIар. ТIолабго Дагъистаналъул, хасго магIаруллъиялъул сипат миркалъго хисилаан, тIегьалаан гьеб проект гIумруялде бахъун букIарабани».

Хадусел сонал

КIудияб ВатIанияб рагъул соназда фашистал Кавказалде гIагарлъидал, къокъабго заманалда жаниб гьабуна Гъизляр-Астрахань маххул нух. Гьелъ рес кьуна Бакуялъул нарт фронталде битIиялъеги, рагъ тIаде щолеб бакIалдаса гIадамал, гIи-боцIи, промышленниял предприятиял ва цогидабги Закавказьеялде гочинабиялъе.
Араб гIасруялъул 90-абилел соназда Чачаналда рагъ багъариялъ кIудияб зарал ккана Дагъистаналъул халкъияб магIишаталъе, рес букIинчIо республикаялде поездал рачIине, нилъ рукIана блокадаялда гIадин, гьоркьор къотIана кванил нигIматаздаса байбихьун ралел бакIазул материалазде гIунтIун кинабго къайи. Рес букIинчIо нилъер гьаниб гьабураб продукцияги къватIибе ине. Гьеб ахIвал-хIалалда республикаялъул нухмалъиялъ Москваялдаги гьарун, федералияб централъул кумекалдалъун, 270 къоялда жаниб 78 километралъул халалъиялда Къарланюрт станциялдаса Гъизляралде цIияб маххул нух лъуна. Гьеб рагьана 1997 соналда.
Жакъа Дагъистаналда маххул нухазул халалъи буго 509 километр. Щибаб къоялъ МахIачхъалаялдаса Москваялде уна пассажиразул поезд. Республикаялда жаниб хьвадула щуго электричка: МахIачхъала-Хасавюрт, МахIачхъала-Дербент-Белиджи-Са­мур-Азербайжаналъул гIорхъи, Буйнакскалде электричка хьвадуларо, гIицIго къайи-цIа рехун унеб поезд гурони.
МахIачхъалаялдаса уна Баку-Москва, Баку-Киев поездалги. Советияб гIуцIиялъул заманалда хьвадулаан Москва-Баку-Тифлис ва Москва-Тегеран поездалги. Гьанже гьел хьвадуларо.

Тахшагьаралда жанир
маххул нухал

Дагъистаналда промышленниял предприятиял разе лъугьарал дол лъеберабилел соназда хIажалъи ккана МахIачхъалаялда жанирги, Каспийскалдеги маххул нухал лъезе. «Двигательстрой» абун поселокалда цIарги лъун гьанжесеб Каспийск шагьаралда рагъулаб завод базе байбихьидал, МахIачхъала-Дербент маххул нухдасан гIаркьел цIана Каспийскалдехун. МахIачхъалаялда жанир маххул нухал лъуна МухIамад ХIажиевасул цIаралда бугеб ва «Дагъэлектромаш» заводазде, III Интернационалалъул цIар лъураб фабрикаялде, Редукторнияб поселокалда бугеб чирма-къалал гьарулеб, ччугIилгун консервазул ва цIорол кIор гьабулеб заводазде. Гьел шагьаралда жанир ругел маххул нухал ккола стратегиялъул рахъалъ кIвар бугеллъун. Гьанже гIемерисел фабрик-заводал хIалтIулел гьечIо ва маххул нухал рехун тун руго. Рельсазда тIаде хъилги тIун, гьел рахчизарун руго, цо-цо бакIаздайин абуни гьезда тIад ва аскIор минаби ран руго. Миллияб хIинкъи гьечIолъи букIинабиялъе кIвар цIикIкIарал гьел нухазул тIалаб лъицаго гьабулеб гьечIо. РакIалде ккола шагьаралда жанир ругел гьел нухазул стратегияб кIварги хIисабалде босун, Дагъистаналъул маххул нухазул идараялъ гьеб суалалде кIваркьелилан.
Пайзула Пайзулаев