ЧIахIилъ къан хутIугеги анищазул хур

ГIадат буго ЦIияб соналъул байрамалде лъагIалида жанир ккарал лъугьа-бахъиназул хIасилал ва бачIунеб соналде анищал гьарулеб.

2019 соналда гIемерал хиса-басиял ккана нилъер гIумруялъулъ. Унеб соналда учительзабазе аслияб темалъун букIана гьабулеб хIалтIухъ мустахIикъаб харж кьезе бугин абураб хабар. Амма чанги чIахIиял трибунабаздаса кигIан гIемер гьелъул бицаниги, гьеб рахъалъ хисараб жо ккечIо. Абулеб буго, Гьаб соналъул январалдаса нахъе, ДРялъул бетIер Владимир Васильевасул хIукмуялда рекъон, республикаялъул бюджетиял хIалтIухъабазул харжал ичIго проценталъ цIикIкIинаризе ругин абун. Щиб лъалеб, гьеб анищ тIубазегIаги батила.
Школалъул аслиял багьадурзаби руго цIалдохъаби. Щибдай гьезие хисизабизе бокьилеб школалда? Гьеб суал кьуна дица дирго гIагарлъиялъул лъималазе: дир рахъалдаса ЦIияб соналда сайгъат щвезе бокьарав чияс «Дир анищаб школа» абураб темаялда сочинение хъвазе тIамуна гьел. Гьанир кьолел руго гьезул анищал гьурщарал мухъал. Нужер школазул цIалдохъабазулги рукIине бегьулелъулха гьединалго пикраби.

ПатIимат, тIоцебесеб курс: «Цоязе бокьула школалде хьвадизе, цогидал гьенире уна, кигIан бокьичIониги, ай эбел-инсуца ритIун. Лъималазул пикраби хIисабалде росараб школа букIарабани, гьенире киналго хьвадилаан гъираялда.
Дир анищаб школалда букIине ккола лъикIаб ремонт. Гьенир цIализарула дагьал цIалдохъаби – щивасде учитель регIулеб къадаралда. Гьеб мехалда учителасе рес щвелаан щивасда дарс бичIчIизабизе. Цо-цо мехалда, дарс лъазабуниги, киназдаго гьеб гьикъизе заман гIолароан нижер классалда. Щибаб дарс камилго бичIчIизабураб мехалда, рокъобе хIалтIи кьезе ккелароан. Нижееги заман щвелаан дарсаздаса хадур расандизеги, гьудулзабигун тира-сверизеги, эбел-инсуца малъараб гьабизеги.
Гьединаб школалда рукIине ккола батIи-батIиял кружокал, спорталъул секцияби. Амма чарагьечIого букIине ккола хIухьбахъиялъул хасаб бокIонги. Дарсазда свакараб мехалда гьенире инаан цIалдохъаби: телевизоралъухъ балагьизе, шахматал яги шашкаби хIазе.
Цоги дие бокьилаан школалда гIатIидаб ва кинабго квен чIобого кьолеб богорукъ букIине. Щивав цIалдохъанас квинаан жиндиего бокьулеб квен.
Школалъул азбаралда дица лъелаан хьонбакIал ва гьабилаан спортивияб майдан».

Хадижат, щуабилеб класс: «Нижер буго гьитIинаб школа. ЦIалдохъабиги гIемер гьечIо – росдал школа бугелъулха. Бокьилаан, гIатIидаб, чIахIиял гордал ругел кIудияб школа. Гьел гордазда цебе бокьилаан беричаб авлахъ букIине. ГьатIанкъоялъ яги каникулазул заманалда гьенир дандчIвазе бегьилаан гьудулзабигун. ЛъикI букIинаан, школалда гIагарлъухъ берцинго къачIараб хIухьбахъиялъул ах бугони.
Бокьиларо дие школалда аскIосан гIемер машинаби хьвадулеб нух букIине. Цо нухалда дун машинаялда гъоркье ккана ва гIемераб заман бана больницаялда.
Цоги дие бокьилаан школалда щивав цIалдохъанасул жиндирго шкаф букIине. Гьенир лъезе бегьилаан тIахьал ва цогидаб къайи. Кабинеталдаса кабинеталде бакIаб портфель баччизе захIмалъула нижее».

Мадинат, тIоцебесеб курс: «Школалда цIалун яхъана дун исана. Амма кидагосеб анищлъун хутIана диего рокьулел дарсал тIасарищизе ихтияр гьечIолъи. Хасго 9-11 классазда. ЕГЭялъе гIоло гуро – дирго лъай камиллъиялъул мурадалда. Масала, бокьилаан анкьида жаниб цо чанго дарс рисованиялъул, музыкаялъул яги биологиялъулгун химиялъул. Жакъа ругел гIадинал гуро – унго-унголъунги цIалдохъабаз тIасабищизе рес бугел.
Къойил 5-6 дарс букIунелъул, анищалъул школалда дида бихьула берцинаб богорукъ. Гьенир – батIи-батIиял нигIматалгиха.
Цоги дие бокьилаан цIалдохъанасул хIал бичIчIулел учительзаби рукIине. Жалго свакараб мехалда, нижер цо-цо учительзабазухъа бажарулароан сабру гьабун.
РукIине ккела батIи-батIиял кружокалги. Масала, дарсида кьураб тIадкъай цIалдохъанасда бичIчIун гьечIони, кружокалъул заманалда гьеб бичIчIизабизе рес букIинаан».

МухIамад, лъабабилеб класс: «Дие бокьилаан киналго разияб, цониги пашманав яги ццидалав чи гьечIеб школа букIине. Гьенир рукIинаан лъималазде семуларел учительзаби. ХIеренай учительницаялъ бицунеб дарс дида хехго бичIчIула. Гьезул дарсида хъуй гьабизеги бокьуларо.
Дир анищаб школа буго рокъоб гIадинаб ахIвал-хIал бугеб школа. Дарсаздаса свакараб мехалда расандизе ресги букIуна гьениб. ЛъикIал къиматал щвараб мехалда, гьуинал нигIматалги кьола, рокъоб бабацаго гIадин. Рокъоре гIемер тIадкъаялги кьоларо».
Гьеле гьединал анищал руго лъималазул. Учительзабазулги анищ батила, дарсиде хIадурлъун рачIунел цIалдохъабиги, жидер хIаракаталъул къимат гьабулел цIалдохъабазул эбел-эменги, бихьараб захIматалде рекъонккараб харж кьолел директоралги рукIин.
ЦIияб соналъул байрамги баркулаго, дицаги гьарула киназулго анищал тIурагиян.