«Машинаби-пылесосаз» рацIцIад гьаризе руго тахшагьаралъул къватIал Гьал къоязда Дагъистаналде рачIарал къватIал рацIцIад гьарулел машинабазухъ балагьана ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здунов. «Нилъее къваригIун буго моцIазги къотIноб бегун хутIулеб кьишниялдаса МахIачхъала эркен гьабизе. ХIасил лъикIаб ккани, жеги техника бачIинабила», — ян абуна гьес.МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуралев Абусупян ХIасановас абуна гьабсагIаталда бачIун бугин лъабго машина. «Гьеб буго...

