18 августалда МахIачхъалаялда тIобитIараб росдал магIишаталъул ярмаркаялда гIахьаллъана 30-ялдаса цIикIкIун районалдаса вакилзаби МахIачхъалаялда гIемер тIоритIула росдал магIишаталъул ярмаркаби, гьезда гьоркьор Дагъистан тун къватIирехун ругел регионаздаса вакилзаби гIахьаллъаралги. Базаралда ва тукабахъ батIи-батIиял нигIматазул гьарзалъи бугониги, ярмаркабазда багьаби гIезегIан гIодорегIанал рукIиналъ, гIадамазе гьенире ине бокьула. Гьеб бицуна ва бихьизабула гьенире рачIунел гIадамазул къадаралъ. ГIахьалчагIазегун даранчагIазе пайдаяблъун...

