Новость на родном

Сахаватлъи бихьизабуна

21 маялда тахшагьаралъул кIудияб мажгиталда тIобитIана республикаялъулаб ифтар   Гьелда гIахьаллъана ДРя­лъул бетIер Владимир Васильевги.«Дагъистаналде вачIиндал дида бихьана хIукуматалъул минаялда хьолбохъ бугеб мажгиталъул къадада хъварал гьадинал рагIаби: «ГIадамазе гIемераб лъикIлъи гьабурав чиясе щола Аллагьасул рахIмуги», — ян. Жакъа тIо­лабго Дагъистаналда рагьун руго «Рамазаналъул ча­дирал». Гьенир ракIарула цоцазе чед бащад гьабулел гIадамал. Гьединаб лъикIаб иш гьабиялъул...

Новость на родном

Хвел гьечIеб полк

Ирсилазул парад   ВатIаналъе рухI кьуразул адаб гьабизе ккола кидаго Гьал къоязда «Дагъистан» РИАялда тIобитIараб данделъиялда бица­на республикаялда «Хвел гьечIеб полк» абун цIар лъураб тадбир гIуцIия­лъул хIакъалъулъ. Россиялъул «Хвел гьечIеб полкалъул» ДРялда бугеб исполкомалъул нухмалъулей Сабина Къурбановалъ ва жамгIияб гIуцIиялъул регионалияб штабалъул вакил Сефижат МухIамадрасуловалъ бицана улкаялдаго «Хвел гьечIеб полк» гIуцIиялъул ва гьеб жамгIияб багъа-бачарилъун...

Новость на родном

Миллияб бечелъи

Дагъистаналъул мацIазул квацIи   26 апрелалда МахIачхъала шагьаралъул №58 школалда тIобитIана «Анищазул ва кочIол куркьбазда» абураб Дагъистаналъул халкъазул фестиваль Миллиял гIадатазул тIогьазухъе Дун йикIана бищунго цееккун ятилин, амма ичIго тIубалалдего, гьение щварай дун пана гьаюна, кьабун гIадамаз цIураб школалъул азбар бихьидал. АхIулел кучIдулги, сверухълъиялдего гIажаибго берцинаб тIагIам кьурал миллиял нигIматазул махIалги, миллияб ратIлилъ свери бахъулел...

Новость на родном

Метер магIарул мацI…

ТIарамагъадисеб ракьги ярагъги 25 апрелалда Гъизляр районалъул Краснооктябрьское росулъ тIобитIана МагIарул мацIалъул фестиваль Гьелда гIахьаллъизе рачIун рукIана Гъизляр районалъул нухмалъулел идарабазда хIалтIулел магIарулалги, росабазул школазул цIалдохъабигун учительзабиги, республикаялъул СМИязул журналисталги, ДНЦялъул ИЯЛИялъул гIалимзабиги. Тадбир нухда бачана Красный Восход росдал школалъул рахьдал мацIалъул учительница Халисат ГIалиевалъги ДРялъул мустахIикъав артист Къурбан КIулизановасги. Краснооктябрьское росулъ букIа­раб тадбиралъул гIахьалчагIаз...

Новость на родном

Диана Гурцкая – Дагъистаналда

Бесдаллъималазул ва сакъатазул ургъалида 18 апрелалда Дагъистаналде ячIана Диана Гурцкая. Гьей ккола РФялъул мустахIикъай артистка, ЖамгIияб палатаялда цебе гIуцIараб хъизама­лъул, лъималазул ва улбузул масъалабазул рахъалъ комиссиялъул нухмалъулей. МахIачхъалаялъул аэропорталда гьелда дандчIвай гьабуна ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулесул тIоцевесев заместитель Анатолий Карибовас ва захIматалъулгун социалияб цебетIеялъул рахъалъ министр Изумруд Мугудиновалъ. Д. Гурцкаялъ бицана МахIачхъалаялде ячIиналъе гIилла кканин канлъукъал...

Новость на родном

Данделъи

ЛъикIал хIасилалги гIемерал масъалабиги СагIудиязул ГIарабиялдецин бегьула хер бичизе Халатбахъараб ракъдаллъиялъ ва цIакъго кIудияб гIатIилъиялда тIибитIараб гарцIалъ гIемерал квекIенал гьаруниги, гъоркьиса нилъер росдал магIишаталъ рихьизаруна лъикIал хIасилал. Гьелъие нугIлъи гьабула гьадинал баяназги: могьолал культурабазул (ролъ, пурчIина, пиринчI, цIоросаролъ) бакIарана 359,5 азарго тонна (пачалихъияб программаялъ бихьизабуралдаса щуазаргоялъ цIикIкIун), 173,3 азарго тонна цIолбол (2017 соналде дандеккун 103,4...

Новость на родном

Журналистазул мажлис

Тарихазул технологиязул заман Данделъиялда гIахьаллъана азаргоялдаса цIикIкIун чи тазул VI халкъазда гьоркьосеб форум тIобитIана 5-6 декабралда Грозныялда. Гьелда гIахьаллъана РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакиласул заместитель Сергей Стариковги, Северияб Кавказалъул регионазул нухмалъиялъул вакилзабиги, журналисталгун блогералги. Форумалда гIуцIун рукIана щибаб республикаялъул СМИязул майданал. БукIана гьениб Дагъистаналъул бокIонги.Форумалъул гIахьалчагIазде хи­тIаб гьабулаго, Сергей Стариковас гьадин абуна: «Нилъер форум кIодолъулеб...

Новость на родном

Экстремизмалде данде

Каспийскалда тIобитIана «Россия – исламияб дунял» абураб стратегияб къокъаялъул дандеруссин   Дандеруссиналъул аслияб мурад ккола Россияги исламияб дунялалъул улкабиги цадахъ лъугьун терроризмалъул хIинкъиялде данде къеркьей. Данделъиялда хасаб кIварбуссинабуна, гьеб ишалъулъ гIолилал гIахьал гьариялъул мурадалда, гьезие лъайгун бичIчIи кьезе кколеблъиялде. Бицана гIолилазул рахъалъ тIобитIулеб политикаялдаги лъайкьеялдаги пайда цIикIкIинабиялъул мурадалда цадахъал тадбирал гIуцIизе ккеялъул хIакъалъулъги.Дандеруссиналда гIахьаллъана РФялъул...

Новость на родном

Дербенталде кIваркьезе буго

4 ноябралда Дагъистаналде вачIун вукIана Россиялъул президентасул СКФОялда вугев вакил Александр Матовников   Гьесда дандчIвай гьабуна республикаялъул нухмалъулев Владимир Васильевас ва ДРялъул бетIерасул ва хIукуматалъул администрациялъул нухмалъу­лев Владимир Ивановас. Гьел дандчIвана 2000 соналда, хун хадуб, Бихьинчилъиялъул орден кьезе вихьизавун вукIарав рагъулав хъулухъчи Марат Молчановасул эбел ва яц Наталья ва Эйдан Молчановалгун.Россиялъул президентасул указалдалъун, Марат Молчанов...

Новость на родном

Бергьенлъаби

Къецазул хIасилал гьаруна РФялъул ЖамгIияб палатаялда шапакъатал кьуна  Дагъистаналъул цIалдохъабазе ЦIалдохъабазда гьоркьоб тIобитIараб ТIолгороссиялъул къецалда гIахьаллъана 353 цIалдохъан. Гьезда гьоркьоса 100 авторасул хIалтIи рикIкIана бищун лъикIаблъун. Гьезда гьоркьор руго Буйнакск районалъул ТIаса Гъазданущи росдал школалъул анкьабилеб классалдаса Аида Акаеваги Гъизилюрт районалъул ЦIобокь-Миякьоб росдал школалъул ункъабилеб классалъул цIалдохъан Хадижат Юсуповаги.Сочинениялъул авторазе шапакъатал кьуна РФялъул лъайкьеялъул министралъул заместитель...