Новость на родном

Юрий Чайка — Дагъистаналда

Гьал къоязда республикаялде вачIун вукIана Россиялъул президентасул Северияб Кавказалъу­л федералияб округалда вугев вакил Юрий Чайка. Дагъистаналъу­л хIукуматалъул минаялъув гьев дандчIвана республикаялъул жам­гIи­ял гIуцIабазул нухмалъулелгун.  Президентасул вакиласе лъазе бокьун букIана Дагъистаналда ругел жамгIиял гIуцIабазул хIалтIи кин унеб бугебали, цIех-рех гьабуна республикаялда бугеб политикиябгун экономикияб ва жамгIияб ахIвал-хIалалъул, Россиялда кколел ругел политикиял лъугьа-бахъиназда тIасан дагъистаниязул бугеб пикруялъул....

Новость на родном

Киназго рахъ ккуна, коммунистаз хутIизегIан

12 марталда Халкъияб Собраниялъул иргадулаб гуреб сессиялда гьоркьоб лъун букIана РФялъул Конституциялда гьарулел ругел хиса-басиязул суал.  90 депутатасда гьоркьоса 72-яс загьир гьабуна гьел хиса-басияздаса жидерго бугеб разилъи. Анлъго чи дандечIана. Парламенталда бугеб коммунистазул тIубараб фракциялъ абуни хIукму гьабуна гьаракьго кьечIого чIезе.  Гьеб суал тIубала исана 22 апрелалда. Гьеб къоялъ улкаялда тIо­битIизе буго гьел хиса-басиял хIажат...

Новость на родном

«Къелебалъ» рази гьаруна (ЦIияб тIехь)

Гьал къоязда къватIибе бачIана Зубаир МухIамадовасул «Къелеб» абун цIар лъураб тIехь. Авторас кIудияб хIалтIи гьабун буго къелдерил тарихалъулги, гIадатазулги, гIумру-яшавалъулги рагIа-ракьанде щун бицине.   Къелдерил букIана 6 росу (Ругъелда, Сомода, Хьонохъ, ГIурчухъ, Мусрухъ, Хьиндахъ ва Рукъдахъ). Рукъдахъ росдал иш лъугIанин абизеги бегьула. 1944 соналда хIал гьабун Чачаналде гочинаруралдаса гьезул чи тIокIалъ магIарухъе рачIинчIо. Гьезда цадахъго...

Новость на родном

Дунялалда тIад бищун берциназул цоял

Британиялъу­л халкъазда гьоркьосеб цIех-ре­ха­лъул централъ лъазабухъе, са­гIу­диязул руччабаз лъабабилеб бакI кколеб буго бер­цинлъия­лъул рахъалъ. Гьезда цере руго Венгриялъулги Польшаялъулги руччаби. «Аль-Арабия» телеканалалъ лъазабухъе, цIех-рехалда аслияб кIвар буссинабун буго берцинлъиялде, сабурлъиялде, гIаданлъиялде ва кидаго гьединайлъун цIунун хутIиялде.Гьединго, кIвар кьолеб букIана тIабигIияб берцинлъиялдеги, бихьинал жидедего мукIур гьаризе кIвеялдеги, ай жидехъ гIенеккулеллъун гьариялде. Гьениб аслияб бакI ккуна сагIудиязул...

Новость на родном

ЖамагIаталъул кумекалдалъун

Гьал къоязда ЦIияб Хуштада росулъ бан лъугIана лъикIаб-кве­ша­лъеги, хвел-гIелалъеги дандеруссине кIитIалаяб мина. Гьеб бана Сайпудин ИсмагIиловасул хIаракаталдалъунги, росдал жамагIаталъул кумекалда­лъунги. ТIоцебесеб тIалаялда буго 200 чи гIодов чIолеб бакI, богорукъ. АскIор­го ран руго библиотекаги спортивияб залги. Гьеб мина рагьулеб данделъиялда гIахьаллъана росдалго жамагIат, рачIун рукIана гIемерал гьалбал. Данделъиялда кIалъазе рахъараз баркала загьир гьабуна росдал жамагIаталъе, гIолохъабазе...

Новость на родном

Конституция Къуръанги гурелъул…

ТIадегIанав Аллагьасул цIар — улкаялъул документалда. Нилъер республикаялъул муфтияталъ рахъккуна РФялъул Конституциялда хиса-басиял гьарулаго гьенибе Аллагьасул цIарги босизе ккелилан цебеккунго патриарх Кириллица загьир гьабураб пикруялъул. Киналго халкъал гIагар гьариялъе сабаблъун ккелин гьебилан абуна муфти АхIмадхIажи-афандияс.«Улкаялъул бищун аслияб закон хIисабалда, Конституциялъ жа­нире рачине ккола гIадамазул ру­хIияб напсалъул хаслъабиги. Щивав чиясул дин батIияб букIаниги, БетIергьан нилъер цохIо...

Новость на родном

«Контракт бокьиларищ, дун вачинарищ?»

Жакъасеб Россиялъул армиялъе хIажат ругин тIадегIанаб лъаялъул гIолохъабиян бицана 2 марталда ДГУялде рачIун рукIарал ДРялъул рагъулаб комиссариаталъул вакилзабаз.   Армиялде гIолохъаби ахIулеб бу­тIаялъул нухмалъулесул замес­титель, подполковник ХIусен ГIу­мархIажиевасги контракталда рекъон рагъулаб хъулухъ тIубазе гIолохъаби тIаса рищиялъул хIалтIи гьабулев, Астраханалдаса Сергей Новиковасги насихIат гьабуна студентазе гьениб.Диплом щвараб гIоларин, гьанже ватIаналда цебе тIадаб хъулухъ тIубазеги хIадур рукIине...

Новость на родном

Хурухъабигун гIияхъабазул къварилъи ва «гIатIилъи»

Цого жо цIалкIулел хIакимзабиги, анкьго гIетIги тIун хъахъусдилел фермералги, гранталги, къарзги, къасдалги, къваридал хьулалги. 4 марталда МахIачхъалаялда данделъун рукIана ДРялъул Фермеразулгун рекьарухъабазул ассоциациялъул (АФКОД) гIахьалчагIи. Гьединго гьениве вачIун вукIана Москваялъул Дармилгун промышленносталъул палатаялъул вакилги. Чанго батIияб суал борхана гьениб ва бищунго кIвар буссинабизе гIадал жакъасеб номералда кьолел руго.  Дагьаб цебегIан Москваялда тIобитIараб ТIолгороссиялъул фермеразул съездалъул...

Новость на родном

Cъездги гьелда сверухъ бахIсалги

Ункъо магIарулас хIаракат бахъулеб буго  исана Дагъистаналъул халкъазул съезд ахIизе. Гьел ккола техникиял гIелмабазул доктор МухIамад Чагучиев, «Дагестан Единый» абулеб жамгIияб гIуцIиялъул нухма­лъулев Юсупбег Юсупов, политолог,  Денга Халидов, Дагъистаналъул НКОязул Координациялъул советалъул нухмалъулев Шамил Хадулаев.   Гьезул цонигияс жеги чIезабун гьечIо съезд ахIулеб къоги. ГьабсагIаталда тIадбан унеб буго гьелде хIадурлъи.  Гьелда бан нижерги пикру ккана...

Новость на родном

«ХIалтIе, вацал»

    21 февралалда МахIачхъалаялда «Гьудуллъиялъул минаялъуб» тIоби­тIана рагъулгун патриотизмалъул темаялда хъварал кучIдуздаса данде гьабураб антологиялъул презентация. Гьелъие квербакъана Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялъ. ТIехьалда цIар лъун буго «Работайте, братья» абун (2017 соналъ такъсирчагIаз чIвалелде цебе полициялъул хIалтIухъан МухIамад НурбахIандовас абурал рагIаби). Гьелъул автор ккола Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул секретарь Сергей Соколкин.    Аслияб...