Шамил районалъул Гьоор-Хьиндахъа кIиго вас чIварав МуртазагIали ХIасанхIусеновасул хитIабалъухъ халги гьабун, инсанасул ихтиярал цIунулеб Европаялъул судалъ (ЕСПЧ) хIукму гьабуна лъимал чIварав инсуе пачалихъалъ 120 000 евро (10 миллионгун 700 000 гъурущ) кьезе кколин абун. МуртазагIалил васал Набиги ХIасанхIусенги чIвана 2016 соналъул 23 августалда. Жидеего бетIербахъиялъе хинкI балагьулел, жамагIаталъул боцIиги хьихьун...

