Новость на родном

Дагъистаналъул гIи-тIолгороссиялъул выставкаялда

  Гьал къоязда Минводы шагьаралда тIобитIулеб бугеб тIолгороссиялъул XXI выставкаялда гIахьаллъулел руго Дагъистаналъул 16 магIишаталъул гIияхъабиги.       ГIияхъанлъи цебетIезабиялъул мурадалда гIуцIараб тадбиралда тIоритIулел руго семинаралгун гIелмиял конференциялги.       Выставкаялда руго мугIрузул, гIандадерил, лезгиязул, гIаркьухъезул меринос, туш тайпабазул гIи-цIцIани.      Выставка халат бахъине буго 21 маялде щвезегIан. Гьеб къоялъ гьаризе руго хIасилалги.

Новость на родном

Кьоялги, пиринчIги, гIанкIудал ханалги

        19 маялда ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирхановас данделъи тIобитIана, 2020 соналъул хIасилал гьариялда тIасан. Социалиябгун экономикияб рахъалъ лъалаго цебетIей лъугьанин республикаялдайин абуна премьерас.       Мисалалъе, гъоркьиса 1207 гектаралда цIиял ахал гIезаруна. 2,2 нухалъ цIикIкIана ччугIа кквеялъул къадарги. Гьединго росдал магIишаталъ гIезабураб нигIмат къватIибе баччиялъул рахъалъги лъикIал хIасилал ругин абуна ДРялъул экономикаялъул министр Руслан...

Новость на родном

МагIарухъе гьалбал гIемерлъун руго

       Республикаялде рачIунел туристазул къадар тIадеялдаса тIаде гIемерлъулеб буго. Гьезие рекIее гIолеб буго магIарухълъиги, гьелъул берцинаб тIабигIатги, некIсиял росабиги, цIорорал иццалги, миллияб кванил тIагIамги. ЛъикI батаниги, квеш батаниги, пандемияги сабаблъун ккана гьелъие. КъватIисел пачалихъазул беричал курортазде ругьунлъун рукIарал, гIорхъабазда «кIулал райдал» рокъор хутIана исанаги гъоркьисаги. Гьединлъидал тIаса бищана гьез жанисеб туризм ва Кавказалъул гьайбатаб...

Новость на родном

М. ХIажиевасул хIурматалда -Гидрокомплекс

     КIудияб ВатIанияб рагъул бахIарзал-ракьцоял кIодо гьариялъул мурадалда, «Къункъраби» абураб сахлъи цIуниялъул комплексалда рагьулеб буго 1942 соналъул маялда Совет Союзалъул БахIарзазул мухъилъ даимлъарав МухIамад ХIажиевасул хIурматалда гIуцIараб ва машгьурав ралъдахъанасул цIар кьураб гидрокомплекс.    Гидрокомплекс ургъана Москваялъул пачалихъияб университета­лъул профессор МухIамад МухIамадовасги гьесул ишцоязги. Гьениб рес щвезе буго, гьанже заманалъул цIирагьиязул кьучIалда лъел пайдаги...

Новость на родном

Ункъго министргун цадахъ

    24 апрелалда ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирханов щвана Шамил районалде. Республикаялъул мугIрузул районалде хIалтIул рахъалъ гьабураб тIоцебесеб сапар ккола премьерасул гьеб.   Гьаб нухалда премьерасда цадахъ рукIана Нухазул, Лъай кьеялъул, Экономикияб цебетIеялъул ва Сахлъи цIуниялъул министерствабазул нухмалъулелги.       ВачIинахъего ГI. ГIамирханов щвана Гьолокье. «100 школа» абураб проекталда рекъон, ремонт гьабураб школа...

Новость на родном

   Керимовасул садакъа

       Хирияб Рамазан моцIалъ республикаялда гIумру гьабун ругел аза-азар хъизамазе садакъа гьабизе бугин сенатор Сулейман Керимовасин баян кьуна ДРялъул пачалихъияв секретарь Хизри Абакаровас.    Щибаб хъизамалъе 20000 гъурущ кьезе ракIалда буго Керимовасда. Гьебги кьезе буго Догъузпара, СулейманСтIал, Дербент районалъул, Гъуниб районалъул СалтIа росдал гIадамазе.     Гьелдаго цадахъ, Х. Абакаровас бицухъе, С. Керимовас...

Новость на родном

Вакцина гьабурал цIикIкIана

      20 апрелалда Сергей Меликова­сул гIахьаллъигун тIобитIараб опе­ративияб штабалъул данделъиял­да бицана вакцинация гьабиялъул хIакъалъулъ.      Сахлъи цIуниялъул министер­ствоялъул баяназда рекъон, вакци­на гьабун буго 52 азарго чиясе.       Роспотребнадзоралъул нухмалъулев Николай Павловас абуна сордо-къоялда жаниб ковидалъ ун­таразул къадар 0,13 проценталдаса цIикIкIинчIин. Цересел анкьазда рукIарал тарихазухъ балагьани, гьезул къадар дагьлъун буго.  ...

Новость на родном

Юждагъалде гьабураб сапар

      Республикаялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Сергей Меликовас­да ракIалда буго гIадамазул яшавги, къварилъи-гIатIилъиги бихьизе батIи-батIиял районазде сапарал гьаризе. Масала, гьединаб мурадгун гьев щвана Дагъистаналъул югалъул рахъалда ругел шагьараздегун цо чанго районалде. ДандчIвана гIадамалгун, хал гьабуна ралел шко­лазухъ, больницабазухъ, ясли-ахазухъ, росдал магIишаталъул ва цо­гидалги социалиял идарабазул хIалтIухъ.      Байбихьуда щвана Дербент рай­оналъул Хъала росдал...

Новость на родном

Улбузда чIвалеб квер ва президентасул баркала

            21 апрелалда Владимир Путиница хитIаб гьабуна РФялъул Федера­лияб Собраниялде.       Улкаялъул бетIерас хитIаб байбихьана коронавирусалда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъул бициналдалъун. РакIалде щвезабуна 2020 со­налъ гIемерав чиясе ккараб къварилъи. Баркала кьуна тохтурзабазе, Роспотребнадзоралъул, низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабазе. Бицана гьанже аслияб жо бугин кинавго чияс вакцина гьаби. Хасго рохизе ккараб...

Новость на родном

Туризмалъул цIияв нухмалъулев

        Республикаялъул туризмалъул ва халкъияб махщелчилъиялъул министрасул ишал тIуралевлъун тана Эмин Мерданов.     ЦIияв министрасул буго 29 сон. 2014 соналда гьес лъугIизабуна МГУ ва гьенибго аспирантураги. 2017 соналда лъугIизабуна МГИМОялъул магистратураги. Лъала ингилис ва гIараб мацIал.      2020 соналъул ноябралда тIамун вукIана министрасул тIоцевесев заместительлъун.