ГIелмиябгун сах гьариялъул мурадалда рагьараб «Журавли» комплексалъ медиказегун гIалимзабазе лъазабураб акция ахиралде щвана. Исана кIиабилеб сон букIана гьеб тIобитIулелдаса. Комплексалъул бетIергьан Шангъодаса МухIамад МухIамадовасул ресалдаса чIобого гьениб сахлъи щула гьабуна нилъер улкаялъул щибаб регионалдаса гIадамаз. МГУялъул профессорги физикаялъулгун математикаялъул гIелмабазул докторги ккола гьев. Гъоркьисала «Журавли» комплексалда хIухьбахъи гьабуна «красная зонаялда» хIалтIарав...

