Новость на родном

Гъунисан Гъумекире унеб шагьранухда цIодорго чIа

    Гьал къоязда чванхунцIадалги ран, Гъунисан Гъумекире унеб шагьранухда гьарчал рачIун, нух къан бан букIана транспорталъе. ГамачIгъегъалдаса гьеб бацIцIад гьабизелъун, кIвахI тун хIалтIана гьенир нухазул хIалтIухъаби.      ЦIакъ санагIат гьечIеб, къваридаб бакIалдаса гIебеде унеб нух букIиналъ, гьарчал рачIун, ччукIелал лъугьун, гьенир гIемерал квекIенал ккола чвахунцIадал ранщинахъе.    Гьеб нухдасан гьединго гIемер уна туристалги....

Новость на родном

Туристазе разе руго заманаялъул гьалбадерил рукъзал

      Республикаялде хIатталдаса ун гIемерал туристал рачIунел рукIиналъ ва гьел жанир хIебтIизе рукъзал гIолел гьечIолъиялъ хехаб къагIидаялъ цо щиб букIаниги ургъизе кколеб буго тIалъиялъ. Бищун лъикIаб нухлъун гьез тIаса бищун буго доре-гьанире росун бажарулел модульниял рукъзал (гостиницаби) рай. Гьел мурадазе гIоло РФялъул бюджеталъул нахърателалъулаб фондалдаса 150 млн гъурущги биччазе буго.

Новость на родном

Дагъистаналъул цIолбода хадуб иргаялда чIун руго мадугьалзаби

        Республикаялъул рес буго, советияб пачалихъалъул заманалдаго гIадин, цIолбол бачIин цIикIкIинабизе. Гьединаб пикру загьир гьабуна гьал къоязда ДРялъул росдал магIишаталъул министрасул заместитель Шарип Шариповас. Щайгурелъулин абуна гьес, ахираб кIиго соналда жаниб Дагъистаналда кIванила цIибил гIезабиялъул рахъалъ Россиялъул регионазда гьоркьоб цебесеб чIалде бачIине. «Мисалалъе, гъоркьиса, 237 000 тонна цIолбол бакIарун буго нилъеца. Гьеб...

Новость на родном

Бищун лъикIав таксистасда цIар чIвана

      Гьал къоязда Грозныялда тIобитIана «Россиялъул бищун лъикIав таксист-2021» абураб къец. Гьениб тIоцебесеб бакI щвана Грозныялдаса Рамазан Арсанукаевасе. Чачан Республикаялъул хIукуматалъ гьесие сайгъат гьабуна Hyundai Solaris автомашина. КIиабилеб бакI кьуна дагъистанияв ГIалил ГIумаровасе. Гьесие шапакъаталъе кьуна 100 000 гъурущ. Конкурсалда гIахьаллъана кинавниги 24 таксист.    Гьеб тадбиралде вачIун вукIана Татарстаналъул президент Рустам Миннихановги.

Новость на родном

Белоруссиялъул техника Азиялде баччизе буго МахIачхъалаялъул ралъдахъабаз

       МахIачхъалаялъул дармил порталдаса пайда босизехъин буго Белоруссиялда хIадур гьабураб росдал магIишаталъул техника къватIисел пачалихъазде, югалъулбгун бакъбаккулаб Азиялде баччизе. Гьеб ккола Белоруссиялъул автомобилазул ва тракторазул заводаз гьабураб хIукму.    Гьал къоязда тIобитIараб хIукуматалъул данделъиялда гьединаб баян кьуна ДРялъул транспорталъул министр Жамбулат Салавовас.    Гьесул рагIабазда рекъон, республикаялъул ресал цIикIкIунел руго батIи-батIиял пачалихъазде битIулеб...

Новость на родном

Донецкалъул майданалда лъуна НурмухIамад ХIажимухIамадовасул цIар  

     Донецкиялда Конституциялъул майданалъе кьуна Россиялъул БахIарчи НурмухIамад ХIажимухIамадовасул цIар. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ДНРалъул нухмалъулев Денис Пушилиница, БахIарчиясул цIарги босун хварав нилъер ракьцоясул эмен Энгельс ХIажимухIамадовас, гьединго Донецк шагьаралъул администрациялъул нухмалъулев Алексей Кулемзиница.    Официалияб тадбир лъугIун хадуб, НурмухIамад ХIажимухIамадовасул цIар тIад хъвараб мармаралъул къоноялда цере тIугьдул лъуна киназго. Гьеб майдан буго Донецк...

Новость на родном

Вагьаб Минбулатовасул хIурматалда

       ДГПУялда тIобитIана «Физкультура ва спорт цебетIезабиялъул гьанже заманалъул аслиял суалал» абураб темаялда ТIолгороссиялъул гIелмиябгун практикияб конференция. Гьелъул хаслъи букIана педагогикиял гIелмабазул доктор, СССРалъул лъай кьеялъул отличник, Россиялъул тIабигIиял гIелмабазул профессор Вагьаб Минбулатов ракIалде щвезави. Вагьаб гьавуна 1939 соналъул 4 маялда Казбек районалъул Гуни росулъ. 1966 соналда лъугIизабуна Москва областалъул педагогикияб институт, хIалтIана...

Новость на родном

Бищунго гIемер майнинг- фермаби – Дагъистаналда

        5 маялда ДРялъул МВДялъулгун ФСБялъул хIалтIухъабаз МахIачхъалаялда рейдал гьарулаго тIатинарун руго криптовалюта хIадуризе хIажалъулеб 1476 аппарат. Масала, гьел алатал лъураб цо майнинг-ферма гьанжего-гьанже балеб минаялъуб батун буго гьезда. Гьел фермабазул бетIергьабаз бухIараб токалъухъ цIакъго дагьаб гIарац кьолеб букIиналъ гьезда щаклъун руго закон цIунулел идарабазул хIалтIухъаби.    СКФОялда босани, бищун гIемер майнинг-фермаби...

Новость на родном

Росабалъ минаби ралезе-гIарац

     Росабалъ гIумру гьабулел гIадамазе минаби разе ва росизе пачалихъалъ гIарац кьезе буго «Комплексное развитие сельских территорий» абураб программаялда рекъон.   Гьединаб хIукму гьабуна ДРялъул росдал магIишаталъулгун продовольствиялъул министерствоялъ гьал къоязда.   Гьединал мурадазе Дагъистаналда квадратияб цо метраялъухъ кьолеб социалияб гIарцул къадар кколеб буго 9 азаргогун 120 гъурущ. Гьелда тIадеги росабалъ ругел минабазухъ гьединаб...

Новость на родном

Рагъул хъулухъчагIазул хъизамазул тIалабалда  

        10 маялда ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликов дандчIвана Украинаялда тIобитIулеб хасаб операциялда чIварал рагъулал хъулухъчагIазул хъизан-лъималгун. Гьезда зигараги бан, сихIкъотIиялъул лахIзаталдаса хадуб Меликовас абуна гьел гIолохъабаз такрар гьарунин КIудияб ВатIанияб рагъда жидер умумузулго ишал. Гьединго бицана гьезул хъизаназе киналго рахъалъан кумек гьабизе хIукуматалъул идараби хIадур рукIине кколиланги. Федералиябгун республикаялъул даражаялда гьезда кверчIвазе...