14 августалда, къаси анцIго тIубазе 20 минут хутIараб гIадаб заманалда, «Астрахань-МахӀачхъала» шагьранухда, ЦӀияб Кули росдада гӀагарлъухъ бугеб техстанциялда цIа рекIана. Гьелъул тIираби щвана гьелда аскIобго букIараб складалде. Гьенибин абуни букIун буго чанго анцI-анцI тонна амиачнияб силитраялъул, ай удобрениялъул. Цо-цо баяназда рекъон, гьеб бичулеб букIун буго теплицабазул хважаинзабазе. Селитра кьвагьана ва цIа рекIана шагьранух бахун цояб...
