Новость на родном

Рагъалъ цолъизабуна Иран

Питнаялъул байбихьи Америкаялъулги ГIизраи­ла­лъул­ги Ираналде данде гьабулеб рагъ байбихьана 28 февралалда, гьеб пачалихъалъул бетIер ГIали Хаменеи, политикиялгун рагъулал хIаракатчагIи, Минаб шагьаралъул школалда цIа­лулел рукIарал гIисинал ясал чIваял­далъун. Россиялъ кигIан улкаялъе хIинкъи, хIалихьатал ишал гьез гьарулел рукIаниги, Украинаялъул нухма­лъулев ва рагъулаб генералитет тIа­гIинабизе бегьуларин нилъеде ахIи балел рукIарал Америкаялъ ва ГIизраилалъ Ираналъул бетIер ГIали Хаменеи ва...

Новость на родном

Инсанасул хъантӀи

14 августалда, къаси анцIго тIубазе 20 минут хутIараб гIадаб заманалда, «Астрахань-МахӀачхъала» шагьранухда, ЦӀияб Кули росдада гӀагарлъухъ бугеб техстанциялда цIа рекIана. Гьелъул тIираби щвана гьелда аскIобго букIараб складалде. Гьенибин абуни букIун буго чанго анцI-анцI тонна амиачнияб силитраялъул, ай удобрениялъул. Цо-цо баяназда рекъон, гьеб бичулеб букIун буго теплицабазул хважаинзабазе. Селитра кьвагьана ва цIа рекIана шагьранух бахун цояб...

Новость на родном

МахIачхъалаялъул аслияб майданалда букIараб кIудияб базаралдаса лахIзатал

3 декабралда МахIачхъалаялъул аслияб майданалда букIана республикаялъул киналго районаздаса хурухъаби, гIи-боцIухъаби, фермерал, найихъаби, ччугIихъаби ва гьезда релълъарал цогидалги гIахьаллъараб кIудияб базар. Гьаб видеоялда жанире рачун руго гьениса цо-цо лахIзатал.