Август моцIалъул анцIабилеб къоялъ Аллагьасул къадаралде щвана Шамил районалъул КъахIиб росдал администрациялде гьоркьобе унеб Хородаса МуртазагIалиев МухIамадамин. Гьес жиндирго гIумру кьуна ралъдалъ гъанкъулел рукIарал 20 сон барай гIолилайги, 13 сон барав васги хвасар гьарулаго. 19 сон барав вас хвей кутакалда захIмалъана гьесул эбел-инсуе. Амма гьез хIал лъазе биччачIо, Аллагьасул къадар лъидаго гьукъизе кIоларинги абун, къвакIун...
