Новость на родном

РИИДАЛИЛ ХIУХЬБАХЪИ

       Исана лагеразул кIиабилеб сменаялда хIухьбахъи гьабизе буго 7700-ялдаса цIикIкIун лъимералъ. ГьабсагIаталда республикаялда хIалтIулеб буго 66 лагерь. Гьенир гIуцIулел руго батIи-батIиял профилазул сменаби.     Масала, «Надежда» абураб сахлъи цIуниялъул лагералда лъимал куцалел руго командаялда гъорлъ цо тIадкъай тIубазабиялъул мурадалда цадахъ рекъон хIалтIизе.     Рагъулаб ишалде ругьун гьаризе руго «Юнармиялъул» сменаялда ругел лъимал. Буйнакск районалда...

Новость на родном

РекIелъ бусен лъураб лъаялъул гьулак

       БежтIа участокалда буго анлъго гьоркьохъеб, цо аслияб ва цо заочнияб школаги, лъималазул спортивияб лъабго школаги, лъималазул творчествоялъул кIиго школаги, искусствоялъул цо школаги, цо лъималазул ахги ва гьелъул цо филиалги. Участокалъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъиялда гъоркь хIалтIулел руго информациялъулгун методикаялъул пагьмуял лъималазулгун хIалтIи гIуцIиялъул централ.    Рехсарал лъай кьеялъул идарабазда хIалтIулев вуго укънусгогIанасев...

Новость на родном

ДГПУялда «рухI речIчIулеб» буго

  3 июналда «Дагъистан» РИАялда ДГПУялъул ректорасул ишал тIуралев Нариман Асваров дандчIвана журналисталгун. Гьес бицана живго гьеб хъулухъалде тIамуралдаса араб кIиго моцIида жаниб университеталда ккарал хиса-басиязул хIакъалъулъ.        Н. Асваровасул рагIабазда рекъон, бищун гьев разияб жо ккун буго ахираб кIиго соналъ хIалтIулеб букIинчIеб университеталъул гIелмияб совет цIигьабизе кIвей.    «Сах-саламатаб советги гьечIого, университеталъул хIалтIи...

Новость на родном

Шурагьиб беролеб лъай кьеялъул ицц

           27 маялда «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъаби щвана Буйнакскиялъул педучилищеялде гьоболлъухъ. Дагъистаналъе автономия кьуралдаса нусго сон тIубаялда данде ккезабун, кIудияб тадбир тIобитIана гьеб къоялъ училищеялъул азбаралда. Бечедаб тарих буго гьеб цIалул идараялъул. 1975 соналде щвезегIан училищеялда абулеб халкъияб цIар букIана Авар педучилище абун. ГIадада лъураб цIарги букIун батиларо гьеб. Шурагьиб цIалул идараялъ къватIире риччарал машгьурал...

Новость на родном

Лъавукъав учитель вукIине бегьуларо

        «БукIинеселъул учитель» абураб федералияб проекталда рекъон, Дагъистаналда рагьун буго Педагогиял хIалтIухъабазул профессионалияб махщел камил гьабиялъул центр (ЦНППМПР). Гьелъие нухмалъи гьабулеб буго ЧIарада районалъул ЦIуриб росулъа экономикиял гIелмабазул доктор, ДГТУялъулги ДУНХалъулги кафедрабазул профессор ГIабидов МухIамадица. Гьесулгун ккараб гара-чIвари бахъулеб буго гъоркьехун.        — МухIамад, щиб кьочIое босулеб курсазде учитель ахIулеб мехалда?        —...

Новость на родном

Декларация къабул гьабуна

      Республикаялъул Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тIобитIана ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъул данделъи. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул Халкъияб собраниялъулги ЖамгIияб палатаялъулги вакилзаби, министрал, вузазул ва профессионалияб лъай кьеялъул идарабазул нухмалъулел, муниципалитетазул лъай кьеялъул управлениязул нухмалъулел ва жамгIиял гIуцIабазул вакилзаби.      Данделъи рагьана ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместителасул ишал тIуралев Анатолий Карибовас....

Новость на родном

  Эбел-инсуцаги кьуна ЕГЭ

      Дагъистаналда тIобитIана «Эбел-инсуца ЕГЭ кьеялъул цогояб къо» абураб акция. Гьелда гIахьаллъана исана гьоркьохъеб школа лъугIулел цIалдохъабазул эбел-эмен, муниципалитетазул бутIрул, лъай кьеялъул управлениязул нухмалъулел, школазул директорзаби, жамгIиятчагIи ва журналистал. Тадбиралда гIахьаллъана ДРялъул лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министр Уммупазил ГIумароваги.    Анлънусгоялдаса цIикIкIун цIалдохъанасул эбел-эмен гIахьаллъана гIурус мацIалъул экзаменалда. Гьениб бицана экзамен тIобитIулеб къагIидаялъул...

Новость на родном

Ризван ГОЛОЕВ: «Дагъистаналъул миллатал гъунки буго мурад»

    Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIазул къоялде чанги лъикIаб, байрамалде сверараб тадбир тIобитIана араб анкьалъ республикаялда.      Бищунго гвангъарал тадбиразул цояб букIанин абизе бегьула 19 февралалда, Хасавюрт шагьаралъул №3 гимназиялда.        «Единая Россия» партиялъул квербакъигун, шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул хIаракаталдалъун гIуцIараб гьеб тадбиралъ жанибе бачана халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIазул къоги, Хасавюрт шагьаралъ 90 сон тIубайги, Дагъистаналъул...

Новость на родном

Лъималазда бецIизе бегьуларо

       ГIахьвахъ районалъул МестIерухъа Ибрагьим Юсупов хIалтIулев вуго ДИРОялда корректорлъун. ДГУялъул филологияб факультет лъугIидал, гьев учительлъун хIалтIана ЦIолода росдал школалда. КIиго соналдасан тIамуна Ингердахъ росдал школалъул завуч-гIуцIарухъанлъун. 1992 соналде щвезегIан гьенивги хIалтIун, Ибрагьим гочана гIатIиракьалде. Кирпич-хъутаналъул школалда лъагIелалъ хIалтIана завучлъун ва 18 соналъ гьабуна директорлъи.     ДРялъул лъай кьеялъул отличник, ДРялъул мустахIикъав учитель, 2000-2006...

Новость на родном

ЛъикIаздаса лъикIал тIаса рищана

8-19 январалда Хьаргаби районалда тIобитIана «ЛъагIалил учитель – 2021» абураб къецалъул зоналияб бутIа. Гьелда гIахьаллъана мугIрузул магIарул районаздаса 11 учитель.   Хьаргаби росдал Маданияталъул кIалгIаялда тIобитIараб гьеб тадбиралда гIахьаллъарав Хьаргаби районалъул бетIер МухIамадгIали ТIагьировас гьадин абуна: — Метерисеб къоялъул хIакъалъулъ пикру гьабулаго, нижер хьул букIуна камилаб лъайги лъикIаб тарбияги щвараб гIелалде. Гьединаб гIел куцан бажарула...