Новость на родном

ЦIалдохъабаз буцIцIараб талихIалъул гьогьомиялъукь

Унго-унгоги, гьаб ракьалда ругелщинал лъикIал гIадамал. Гьединаз гурищ дунялго ккун бугеб. Гьезул лъикIлъиялъ кIигъеж гьабун баччун букIуна гIумруялъул кинабго захIмалъи. Гьединал рихьидалги, гьезул- гун лъай-хъвай ккедалги, гьезул бицунеб рагIидалги, кидаго ракIалде рачIуна Ф. М. Достоевскиясул «Берцинлъиялъ хвасар гьабула дунял» абурал рагIаби. Щиб лъалеб, гьесги бицунеб букIун батила рухIияб бер- цинлъиялъул хIакъалъулъ. Нилъер щивасул къисматалдаги нур...

Новость на родном

Психологияб хъулухъалъул загIиплъи

ДРялъул лъай кьеялъул министрасул ишал тIуралев ЯхIя Бучаевас «Дагъистаналъул правда» газеталъул редакциялда тIобитIана прессконференция. Гьениб бицана лъай кьеялъул идарабазда пашманал лъугьа-бахъинал ккунгутIиялъул мурадалда цIалдохъабазе тарбия кьеялъул рахъалъ гьаризе кколел тадбиразул хIакъалъулъ. Гьединаб данделъи тIобитIиялъе гIилла ккана МахIачхъалаялъул №51 лицеялда ккараб пашманаб лъугьа-бахъин. Гьелдаса хадуб, ДРя­ лъул бетIер Сергей Меликовасул тIадкъаялда рекъон, гIуцIун букIана ведомствабазда гьоркьосеб...

Новость на родном

Хунзахъ тIалъиялда гьимараб къисмат

  Советияб заманалда Дагъистаналде хIалтIизе ритIун рачIарал гIурус учительзабаз кIудияб бакI ккола нилъер тарихалда. Дагьаб мехалъ хIалтIизеян рачIарал гIолохъанал учительзабазул чангиязе нилъер гIаздалал мугIрул лъугьана гIагараллъун, гьезда батана гьаниб жидерго къисмат. Гьезул цояй ккола Седакова Валентина Петровна. Гьелъул гIажаибаб къисматалъул хIакъалъулъ дие бицана Валенти­нал яс Раисатица. Гьединго, гьелъул рукIарал цо-цо цIалдохъабазги рекIелъ рохелги пашманлъиги жубараб...

Новость на родном

Тарбия кьеялде – кIвар

      «Гьанже заманалъул лъай кьеялда тарбия кьей: аслиял масъалабаздаса цIиял программабаде» — гьединаб темаялда гIуцIараб семинар тIобитIана педагогиял хIалтIухъабазул санайил букIунеб хIасилияб конференциялда.     Данделъи букIана Республикаялъулаб лъай кьеялъул централда. Гьелда гIахьаллъана кIинусгоялдаса цIикIкIун педагогги, школазул директоразул тарбия кьеялъул рахъалъ заместителалги, классалъул нух- малъулелги.    ДРялъул лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министрасул тIоцевесев заместитель МухIамад...

Новость на родном

ЦIале, цIале, дир цIодор… Сентябрь щолелъул, улбузде бегулеб ургъалил бакIлъи

       Хириял «ХIакъикъат» газета цIалулел. ТIаде щолеб буго цIияб цIалул сон. 1 сентябралде нужерго лъимал къачIалел, рекерахъдилел ратила гьабсагIат нужеда гъорлъги гIезегIан чагIи. Партаялда нахъа тIоцебесеб нухалъ чIезе руго нус-нус гьитIичал.      Жакъа эбел-инсуе бигьаяб бетIер унти гуро лъимер цIияб цIалул соналде хIадури. Хасго кIиго-лъабго лъимер бугел хъизамазе махIниги бигьаго батиларо. Гьебги хIисабалде босун,...

Новость на родном

МугIалимзабазе кепкал цIикIкIина

  1 сентябралдаса байбихьун нилъер республикаялъул школазда хIалтIулел мугIалимзабазул харж цIикIкIинабизе буго 23 проценталъ. Гьеб ккола гIага-шагарго 3000-гIанасеб гъурущ. ДРялъул ХIукуматалъ гьабун буго гьединаб хIукму.   Мисалалъе, категория гьечIев мугIалимасул харж цIикIкIине буго 12700-ялдаса 15700 гъурщиде щвезегIан ва гьелда рекъон цIикIкIине руго цогидазулги.    СагIтал ва гьединго категория гIемер бугев чиясе дагьабги цIикIкIун щвезе буго моцIалъе...

Новость на родном

«ЦIияб цIалул соналде – 12 цIияб школа

      ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулпатахI ГIамирхановас тIобитIараб данделъиялда бицана «Демография» ва «Лъай кьей» абурал миллиял проектазда рекъон, республикаялда ран ругел бакIазе лицензия кьеялъул хIакъалъулъ.      ГI. ГIамирхановас бицана, РФялъул хIукуматалъул бихьи- забиялда рекъон, 2021 соналъул тIоцебесеб сентябралде республикаялда хIалтIизе байбихьизе ккола рехсарал миллиял проектал гIумруялде рахъинарулаго бараб 12 объектин абун. Гьезда гьоркьоб буго:...

Новость на родном

Учителасул базовияб харж-51 азарго гъурущ

    ТIоцебесеб июналда РФялъул Пачалихъияб Думаялда цебе лъуна педагогиял хIалтIухъабазул харжал цIикIкIинариялъул хIакъалъулъ законалъул проект. Гьелъул автор ккола ЛДПРалъул депутат Максим Зайцев. Кинал хиса-басиял гьаризе кколин абулеб бугеб проекталъул авторас?      Масала, гьес абулеб буго РФялъул ЗахIматалъул кодексалъул №144 статьяялъул лъабабилеб бутIаялда гьадин хъвазе кколин: «ГIаммаб лъай кьеялъул программаби гIумруялде рахъинарулел пачалихъиялги муниципалиялги лъай кьеялъул...

Новость на родном

БукIинеселде гали

         ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялда «Шаг в будущее» абураб ТIолгороссиялъул гIолилазул гIелмияб форумалда бергьаралгун дандчIвай тIобитIана.        Исана форумалъул финалалда нилъер республикаялдаса 11 цIалдохъанас гIахьаллъи гьабуна. Гьезда гьоркьоса микьгоял бергьана. КIигоял призераллъунги рахъана. Щугоязе щвана «Школьник изобретатель» ва «Школьник исследователь» абурал каранда ралел гIаламатал. Жеги щугоязе — КIудияб ва ГьитIинаб гIелмиял медалал....

Новость на родном

ХIАСИЛ ЛЪИКIАБ БУГО

         ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялда тIобитIулеб буго бищун лъикIал учительзабазул ТIолгороссиялъул къецалъул регионалияб бутIа. Гьелда чIел босарал педагогазе кьезе буго 200 азарго гъурущ премия. Къецалда гIахьаллъула байбихьул, аслиял ва гьоркьохъел школазул учительзаби. ГьабсагIаталда комиссиялде рачIун руго 32 муниципалитеталъул 116 педагогасул документал. Гьезда гьоркьоса гIемерисел руго гIурус мацIалъулги, байбихьул классазулги, рахьдал мацIазулги ва...