Нилъер гьаниб гIадатлъун лъугьун буго, жидерго хIалтIи гьабулаго пачалихъалъул идарабазул рахъалдасан квалквал гурони кумек щвей щакаб жо бугин абураб пикру. Амма руго цогидал мисалалги. Масала, гьединазул цояб ккола «Дагълизингфонд» компания. Гьелъул нухмалъулев, Шамил районалъул КъахIиб росулъа МухIамад ГIариповгун дандчIвана ниж гьел къоязда.
— МухIамад, нужер компаниялъул аслияб хIалтIи буго лизинговиял (байбихьуда багьаялъул цо бутIаги кьун, хутIараб къадар хадубккун, чIезабураб болжалалда кьезелъун щиб бугониги боси) хъулухъал тIурай ва хIалтIулел предприятиязе микрозаймал (къарзалъе гIарац) кьей. Дагьаб мухIканго бицани, щиб жо кколеб «лизинговиял хъулухъал тIурай»?
— ДРялъул хIукуматалъ нижер компания (гьелъул учредитель ккола предпринимательствоялъулгун инвестициязул агентство) гIуцIун букIана 2013 соналда. Гьелъул мурадги букIана гьитIинаб ва гьоркьохъеб бизнесалъул предприятиязе лизинговиял хъулухъал тIурай. Нижеца гьезие кьола техника, транспорт ва алат-къайи. Масала, предприятиялъе къваригIун буго пуланаб техника, амма гьелъул гьечIо гьеб босизе рес. Гьедин бугеб мехалда, предприятиялъул вакилзаби рачIуна нижехъе, гьарула къотIи-къаял, гьез кьола багьаялъул цо бутIа, хутIарабги тIаде рехун, нижеца гьезие чIезабула хIажатаб техника. Багьаялъул нижеца кьураб бутIа гьез тIад буссинабула бихьизабураб болжалалда жаниб. Нижеца кумек гьабизе ккани, руго цIунизе кколел шартIалги: предприятиязул хъвай-хъвагIай букIине ккола Дагъистаналда ва гьезул аслияб хIалтIиги букIине ккола гьанибго. Федералиял законазда рекъон, нижер ихтияр гьечIо акцизалъулал бутIабазде (бензин, мехтизарулел гьекъолел жал гь. ц.) ва тIабигIиял магIданал рахъиялъул хIалтIабазда гьоркьоре лъугьине.
Нижеца яхI бахъула гьез хIадур гьаризе кколел документазул къадар дагь гьабизе (5 лъагIалида жаниб дагьлъана 2 нухалъ), кIванагIан бигьа гьабула гьезул цогидаб хIалтIи.
— Кинаб бугеб нужеца техника, алат-къайи кьолеб къагIида ва киса гьеб босулеб?
— Техника кьола 5, алат-къайи 7 сонил болжалалда, лъагIалие гьезул багьаялъул хиралъиги ккола 6 процент (мисалалъе, техникаялъул багьа 1 млн гъурущ бугони, цо лъагIалида жаниб тIаде бачIуна 60 азарго гъурущ). Багьаялъул тIоцебесеб бутIа, ай гьелъул 10 процент (нижеца хIалтIи байбихьулеб мехалда гьеб букIана 30 процент) кьезе ккола байбихьуда, хутIараб кьола тIадехун рехсараб болжалалда жаниб. Заявка кьолаго, бизнесчияс бихьизабула хIажатаб техникаялъул тайпа ва гьеб бугеб бакI.
— Аслияб куцалда кинаб тайпаялъул техника тIалаб гьабун нужехъе бизнесчагIи рачIунел?
— Техника ва алат-къайи букIине бегьула бокьараб тайпаялъул – ралел бакIазда ва нухал къачIалаго хIажалъулелдаса байбихьун, медицинаялде гIунтIун. Заявкабазул 40 процент букIуна МахIачхъалаялдаса, руго Казбек, МухIарамкент, Сергохъала ва цогидал районаздасагун шагьараздаса.
— Щиб жо кколеб «микрозайм»?
— Микрозайм ккола чIезабураб заманалда (3 лъагIалиде щвезегIан) ва чIванкъотIараб къадаралда (5 млн щвезегIан) кьолеб гIарац. Гьебги кьола нилъер республикаялда хъвай-хъвагIай бугел, жидер аслияб хIалтIиги гьаниб гьабулел гьитIинаб ва гьоркьохъеб бизнесалъул предприятиязе. Добго хIисабалда гьеб кьезе ихтияр гьечIо акцизияб къайи биччалел ва ракьулъа тIабигIиял магIданал рахъулел предприятиязе. Гьеб кьола росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул предприятиязе (СПК, КФХ ва гь. ц). Гьелъул буго чанго тайпа: инвестициялъулаб (техника ва алат-къайи босизе); стандартияб (заманалъулаб хIалтIи тIубаялъе гIарац данде гьабизе); рефинансированиялъулаб (банкалдаса босараб кредит бецIизелъун кьолеб). Гьаниб рехсараб лъабабилеб тайпаялъул буго гьадинаб къагIида. Мисалалъе, лъагIалие кIудияб процент тIаде кьезелъун (17 процент) банкалдаса дуца босун буго пуланаб къадар гIарцул. Дуда кIолеб гьечIо гьеб бецIизе ва мун вачIана нижехъе. Нижеца бецIула гьеб гIарац, къала кредит ва дуца гьеб налъи кьола нижее, амма гIемерго дагьаб (2 процент) гIарацги тIаде рехун.
— КIудияб налъиги бецIун, дагьаб гIарац щолеб хIалтIул магIна щиб?
— Гьелъул магIна буго гьитIинаб ва гьоркьохъеб бизнесалъе квербакъи гьаби. ГьитIинаб багьаялда (нижедаса учузго хIалтIулеб идара гьечIо республикаялда) нижеца хIалтIи гьабула пачалихъалъул кумекалдалъун. Гьелъие бихьизабун буго пачали- хъияб хасаб программа (федералияб ва республикая-лъулаб).
— Нагагьлъун бизнесчиясда кIвечIони гIарац жидер заманалда тIад буссинабизе…
— Микрозаймал кьеялъул хIалтIи нижеца байбихьана исана ихдал, гьанжелъизегIан гьеб кьуна 19 бизнесчиясе (46 млн гъурущ). ГьанжелъизегIан ккечIо гьединаб иш, хадубккунги ккезе батиларин абураб хьул буго нижер.
— Микрозайм щвей захIматаб масъала бугищ?
— Нижер мурад гьечIо гьеб захIмат гьаби, гьелъул гIаксалда, нижеца кинабго гьабула бигьалъиялъе. Гьелъие гьабизе кколеб мухIканго баян гьабун буго нижер сайталдаги. Бизнесчияс цIезабизе ккола анкета-заявка, кьезе ккола хIалтIул хIасилазул хIисаб-суал. Гьеб кинабго гьабизе бегьула электроннияб къагIидаялда, гьев живго нижехъе вачIани гIола цохIо къотIи-къаязда гъоркь гъулбас гьабизе. Амма гIарац щвеялъе руго гьес цIунизе кколел шартIалги – гьесул букIине бегьуларо бецIичIеб кредит ва судалъул идарабазул рахъалдасан рукIине бегьуларо киналгIаги суалал.
— 2013 соналдаса нахъе кумек гьарун нужехъе рачIунезул къадар цIикIкIунебищ бугеб ялъуни дагьлъулебищ? Коронавирусалъул заманалда нужер хIалтIи хисанищ?
— Нижер ресалда бараб букIуна нижехъе рачIунезул ва гьарулел къотIи- къаязул къадар. Мисалалъе, исана, гъоркьисалалде дандеккун, гьабуна чанго нухалъ цIикIкIун къотIи-къай. Микрозаймазда хурхараб хIалтIи цебе иналъе, исана республикаялъул хIукуматалъ нижее биччана 300 млн гъурущ, лъагIел лъугIилалде, гьеб тIубанго хIалтIизабизеги ккола. Коронавирус байбихьарабго, ккана нижер хIалтIулъ дагьабго лъалхъи, амма, хехал тадбиралги гьарун, нижеда кIвана гьеб низамалде бачине. Лизинговияб хIалтIулъ нижеца 3 моцIалъ нахъе цIана предприятияз нижее гIарац кьезе кколеб букIараб болжал. ТIоцебесеб апрелалде гьабун букIараб 16 къотIи-къаялда багьа гIодобе бачана 1,5 млн гъурущалъ. Кьолел микрозаймазда тIаде бачIунеб процент дагь гьабуна 2 нухалъ. Гьеб киналъулго хIасилалда, 1 июлалдаса нахъе гIемерго цIикIкIана нижехъе рачIунезул къадарги.
— МухIамад, мунагьал чураяв дур эмен, ХIажи ГIарипов, гIемерал соназ хIалтIана «ХIакъикъат» («БагIараб байрахъ») газеталда, вукIана гьелъул бетIерав редакторлъун…
— «ХIакъикъат» ккола нижер «хъизамалъул газета». ГIемерал соназда эмен хIалтIана батIи-батIиял идарабазда, батIи-батIиял хъулухъазда, амма, дир хIисабалда, бищунго хирияб ва гIагараблъун гьесие букIана магIарул газета.