Коронавирусалъ рещтIинабураб кIудияб балагьалъулгIан гIемер бицунеб суал гьечIо гьал ахирал моцIазда. Гьелъул «рагIадалда» гъоркье ккечIеб бутIаго хутIун батиларо нилъер гIумру-магIишаталъул. Нилъер экономикаялъе гьелъ гьабураб асаралъул гIезегIан лъикI лъала «Финанс-ГРУПП», бизнес цебетIеялъе квербакъулеб компаниязул гIуцIиялъул нухмалъулей Жамиля Мелесовалда. Гьелъулгун гьабуна нижеца гара—чIвари.
-Жамиля, кинаб бугеб нужер гIуцIиялъул аслияб рахъ?
-Компания рагьулаго, хIалтIи гIуцIулаго, нижер аслияб мурад букIана цIияб иш байбихьизе, хIалтIи лъикIаб даражаялде борхизабизе бокьарал, гьеб цебетIеялъе ресал ралагьулел бизнесчагIазе заманалъул тIалабазда рекъараб лъай кьей. Нижеца гьезда малъулаан бухгалтериялъул, налоговияб системаялъул, экспертиза-аудиталъул ва гьезда релълъарал цоги суалал. Хадуб нижеца байбихьана гьезие бизнес-планал хIадуризе. ТIоцебе хIалтIизе биччана 10 завод гьоркьобе унеб «Тюбе» индустриалияб парк, гьеб букIана кIудияб, 900 млн гъурщил багьаяб проект. Хадуб нижеца байбихьана республикаялъул инвестпроектазул тадбирал нухда рачиналъул хIалтIи, ай цIияб фабрик-завод рагьизе бокьарав инвесторасе пачалихъалъул рахъалдасан букIунеб кумекалъул баянал ва шартIал лъазари, киналго хIажатал документал хIадури. Жакъа республикаялда буго нижер квербакъиялдалъун пачалихъалъул кумекги (ракьазул документазул, налоговиял бигьалъабазул, хIалтIи гIуцIиялъул ва гь.ц. рахъалъ) щун хIалтIулеб 36 завод.
-Гьединаб ялъуни цоги мисалалъул пачалихъалъул кумек щвезе бокьарав бизнесчи вачIине бегьулищ нужеда аскIове?
-Бегьула, щай бегьулареб, гьединалха рачIинеги рачIунел, гьезул хъулухъ тIубай бугелъул нижер аслияб хIалтIи. Лъазе ккола гьадинаб жо -пачалихъалъул кумек щвезе къваригIарав бизнесчиясе, кинабгIаги щаклъи гьечIого, гьеб щола. Амма гьединаб кумек щвезе ккани, цIунизе ккола законалъул тIалабал ва дур рукIине ккола гьелъие пачалихъалъ рихьизарурал киналго шартIал, нормативиял баянал. Гьел киналго хIужабазулги пачалихъияб кумек щвеялъе чIезарурал нормабазулги данде ккей-ккунгутIиялъул хIисабалги гьарун, къотIула хIукму-киналго хIажатал документал хважаинасда кодор рукIун хадуб нижеца байбихьула проекталда тIад хIалтIи, гьечIони гьединал документал, хадусеб хIалтIи гьаби буго гIададисеб иш.
-Инвестициял, гIадатиял рагIабаздалъун абуни, щиб жо гьеб кколеб?
-Пуланаб завод (фабрика, СПК ва гь.ц.) лъикI хIалтIиялъе, гьеб цIи ва гIатIид гьабиялъе, цIиял къагIидабигун технологиял рилълъанхъизариялъе биччараб гIарац (харжазе унеб хутIун) ккола инвестициял. Гьезул буго 4 тайпа -займ, кредит, пачалихъалъул кумек ва хасал гIадамаз (юридикиял ялъуни гьединаб хъвай-хъвагIай гьечIел) лъураб гIарац.
-Инвесторазе кинаблъун букIараб 2019 сон?
-Киназдаго лъалеб ва нилъер гьаниб цIакъго гъваридго кьалбал риччараб масъала буго бюрократизм, ай бокьараб ишалъе хIажатал документал гьаризе цIакъго гIемераб заман бай, тIадаб иш жиндир заманалда гьабизе кIунгутIи. Данде гьарурал гьел цере инаризеги кIоларо гIемерал кабинеталги сверун, цIикIкIараб гIакъубаги бихьун гурого. Гьедин бугониги, гъоркьиса нилъер экономика букIана мадараб хIалалда хIалтIулеб.
2019 соналда нижер гIуцIи хIалтIулеб букIана 9 кIудияб завод (хьитал рукъулеб, шушбухъе лъим тIолеб, гьан къачIалеб ва гь.ц.) хIалтIизе биччаялъул проекталда тIад. Гьездасан 8 завод базе байбихьизе кколаан исана соналда, 3-4 соназда жаниб гьезие щвезе кколаан цо млрд гъурущгIанасеб пачалихъалъул гIарац. Коронавирусалъ чIезабуна гьеб кинабго ва гIемераб цогидаб. Къана хIалтIулел рукIарал предприятиял, щвечIо цIиял рагьизе гIарац. Цебехунги гьеб кIудияб балъголъи букIинчIониги, гьабсагIаталда коронавирусалъул хIасилалда, якъинго загьирлъана цойги гьадинаб хIужа -нилъер гьанир гIемерал гIадамал руго гьаниса босун, доба бичун ва цоги щибниги гьабун жиндирго магIишаталдаги рукIун официалиял идарабазда хъвай-хъвагIай гьабичIого ругел. Официалияб къагIидалда хъвай-хъвагIай бугел ишалъул гIадамазе дагьаб букIа, гIемер букIа щвана пачалихъалъул кумек, гьеб гьечIел хутIана щибго щвечIого, кинабгIаги цIуни гьечIого.
-Аслияб куцалда кинаб хIисабалъул зарал гьабунин абизе бегьулеб коронавирусалда хурхараб гьаб кризисалъ?
-Абизе бегьула бизнесалъул цо тайпа чIванин гьелъ абун. Гьебго заманалда, кIудиял захIмалъабазда цадахъ, гьаб кризисалъ цо-цо бизнесалъе кьуна цIикIкIарал ресалги. Мисалалъе нижер гIуцIи. Дагьаб цебеги чIахIиял федералиял компаниязда рихьизего рихьулароан ниж, гьезулгун бухьенал, къотIи-къаял гьаризе кIвей букIана цIакъго захIматаб масъала. Гьанже, гьезулги бугелъул гьабго кризис, гьезиеги къваригIун бугелъул жидерго бизнесги цIунизе, гьелъие чIаголъиги кьезе, гьел жалго балагьулел руго нижедехун. Буго цойги рахъ. Нижер кумек хIажалъана хIалтIи чIарал ялъуни гьеб цIакъго гIодобе ккарал, амма налоговиял отчетал, баянал чара гьечIого кьезе кколел, гIарцул багъа-бачарилъул тIалаб-хIисаб гьабизе тIадал предприятиялги. ГIемерисел гIадамазда бичIчIана дие гьаб хIалтIи, гьаб даража гIелин абун чIезе бегьунгутIи, кризисалъ цо профессия, цо хIалтIи чIезабун батани, цогидаб балагьичIого, лъай борхизабичIого гIезе гьечIеблъи. Гьелда рекъон гIемерго цIикIкIана цIализе, экономикаялъул ва гIаммаб лъай борхизабизе нижехъе рачIунезул къадар. ГIаммаб куцалда босун, коронавирусалъ Дагъистаналъул экономикаялда щвезабуна лъикIаб кьаби, гьелъие ккана кIудияб зарал. ГIемеразул чIана хIалтIи, амма гьеб чIаниги гьезги чара гьечIого кьезе ккола ижараялъухъ гIарац, гIодор тарал хIалтIухъабазе мухь. Кин ва киса гьеб кьелеб ? ГьабсагIаталда нилъеда жеги тIубанго лъаларо кризисалъул хIасил, аслиял ва цIикIкIарал захIмалъаби раккизе руго хасало, октябрь -ноябрь моцIазда. Гьеб буго экономикаялъул закон -гIарац гIунгутIи, гьелъул мукъсанлъи лъала 3-4 моцIалдасан.
-ГьабсагIаталда бизнесалъе хIажатаб аслияб кумек кинаб букIине кколеб?
-Нилъер гьаниб ижара (ракь, мина-къайи ва гь.ц.) буго цIакъго хирияб. ГIарцул кумекалдаса цебе бизнесалъе къваригIун буго ижараялъе гIатIилъи дагьаб учузго босизе рес щвеялъе пачалихъалъ квербакъизе. КIиабилеб иргаялда хIажат буго налоговияб системалда рагьараб, бичIчIулеб, чIванкъотIараб низам чIезабизе. ГьабсагIаталда гьеб системаялда гIемер руго цоял цоязда данде кколарел, бизнесчагIазе кIудиял квекIенал гьарулел тIалабал. Буго цойги, тIубачIого гIолареб захIматаб масъала. Нилъер гьаниб хIакъикъаталдаги буго «кадровый голод», гIолел ва щолел гьечIо лъикIал, цIиял тIалабазул лъай бугел специалистал
-Дур пикруялда, кризис ккелалде букIараб даражаялде кидаха бачIине бугеб нилъер экономика?
-Бичас биччани, гьаб коронавирусалъул кIиабилеб карачелги хасало нилъехъе щвечIого хутIани, доб хIалалде нилъер экономика бачIинабизе кIвезе буго тIадеялъул август моцIалда. Гьелдаса хадуб дагь-дагьккун байбихьизе бегьула цебетIейги.