Мулкалъухъ налог
Дагъистаниял сунде хIадур рукIине ккелел?
ТIоцебесеб нухалда Халкъияб Собраниялдасан «Мулкалъухъ налогалъул хIакъалъулъ» абураб законопроект «цебе тункун» бажаричIо. Дагьаб цебегIан, кIиабилеб нухалъ хIалбихьидал, бажарана.
Щайха депутатаз гьеб тIоцебесеб нухалъго къабул гьабичIеб? Щай гьел гьедин дандечIун рукIарал? Кинал хиса-басиял ккезе ругел, 2019 соналдаса нахъе гьеб закон хIалтIизе лъугьани? ХIалбихьилин щай депутатал гьеб законалде данде рукIарал абураб суалалъе жаваб батизе.
Законопроекталъул
хIакъалъулъ къокъаб баян
Гьеб закон лъазе тIадаб буго щивасда, щайгурелъул гьеб хъинтIула щибаб хъизамалда.
2015 соналда хиса-басиял гьаруна РФялъул Налогазул кодексалда: гIадамазухъа гьезул мулкалъухъ налог босизе байбихьана кадастралъулаб багьаялда рекъон. Гьелде щвезегIан налог босулаан инвентаризациялъулаб багьаялда рекъон ва гьеб букIана цIакъго мукъсанаб. Масала, тахшагьар бакьулъ 50 соналъ цебе бараб кIитIалаяб минаялъухъ налог букIана цIакъго гьитIинаб. Гьелъухъ багьа чIезабулаан 300 азаргоялдаса миллион гъуршиде гIунтIун. Амма гьеб мина бичани, рес буго, гьелъул багьа 30 млн гъуршиде бахинеги. Гьанжеялдаса кадастралъулаб багьа рикIкIине буго налог чIезабулеб мехалда. Нилъер хIакимзабазда «лъачIого» хутIизеги рес буго мулкалъул багьаби гIодоре ккеялъул хIужа. Гьеб мехалда багьаги базаралъулаб багьаялдасаги цIикIкIине рес буго. Амма 16 октябралда ДРялъул парламенталда тIобитIараб «гургинаб столалда» кьварун лъазабуна, 2020 соналде кинабго мулкги гьелъухъ кадастралъулаб багьаги мухIкан гьабизе. РагIи кьуна, рехсараб багьа цIакъго бахинабичIого тезеги. Амма щиб ккелеб гьелъул… Нилъер улкаялда гIадат лъугьун бугелъулха, лъикI ккелин ракIалда букIанин, амма гьадин кканилан абулеб. Нужецаго пикру гьабе, тIолабго Дагъистаналъул мулк хIисабалде босулаго, чан батIияб рес щвелебали, жидее бокьахъе гьел багьаби чIезариялъе.
Кин чIезабилеб багьа?
Налогалъул ставка хIисабалда цо процент чIезабун буго: гIадамаз гIумру гьабулеб минаялъухъ, квартираялъухъ, цо рукъалъухъ; бан бахъинчIеб минаялъухъ; гIумру гьабуларел комплексазухъ, гьезда гъорлъ цогIаги гIумру гьабулеб мина бугони; гаражазухъ ва цо машина лъолеб бакIалъухъ; — гьезул щибалъул 50 квадратияб метралдаса цIикIкIараб бакI гьечIони. Гьелъул магIна ккола, 2023 соналдаса нахъе щивав чияс (гIемерисез) жиндир бугеб тIолабго мулкалъухъ кьезе ккезе буго 0,5 процент налогалъул. Нилъер гIадамазул гIадат бугелъулха гIатIидал, чIахIиял минаби ралеб. Киназдаго лъала, мина бала тIолабго хъизан хIебтIулеб хIалалда.
300 млн гъуршидаса тIаде кадастралъулаб багьа бугел бакIазухъа бахъизе буго налогалъул кIиго процент!!!
Гьелдаго цадахъ, цIияб закон хIалтIизе байбихьараб тIоцебесеб лъабго соналъ чIезаризе руго дагьлъизарулел коэффициентал. Гьелъ рес кьезе буго гIадамазде кколеб налогалъул магъало дагьлъизе. ТIоцебесеб соналда букIине буго коэффициент 0,2, кIиабилеб соналда – 0,4 ва лъабабилеб соналда – 0,6. Гьелдаса хадуб налог бакIаризе буго кадастралъулаб багьаялда рекъон.
МискинчагIазе рихьизарун руго бигьалъабиги. Цо рукъалъухъ налог чIезабулеб мехалда, тIасабахъизе буго 10 кв.м.; гIемертIалаяб минаялда – 20 кв.м., хасаб минаялдаса – 50 кв.м. Пачалихъалъ абулеб буго: цIикIкIараб налог кьезе бокьун батичIони, дагьлъизаре гIумру гьабулел рукъзал; гIела, ханзаби гIадин, кIалгIабахъ рукIарал! Амма…
Мулкалъухъ бакIарараб налог тIубанго хутIизе буго муниципалитеталда (шагьаралда, районалда, росулъ). Налогазул кодексалда рекъон, 2020 соналъул тIоцебесеб январалдаса нахъе РФялъул тIолалго субъектазда хIалтIизе буго налог бакIариялъул цIияб къагIида – кадастралъулаб багьаялда рекъон. Регионазе ихтияр кьун букIана, рехсараб къо тIаде щвелалде, цIияб къагIидаялда рекъон хIалтIизе. Цо-цо субъектазда гьеб къагIида хIалтIулеб буго 2015 соналдаса нахъе. 2018 соналде гьеб къагIида хIалтIизабичIого хутIун буго 13 субъект, гьезда гьоркьоб – Дагъистанги.
Налогазул бигьалъаби чIезарун руго: сакъатазеги, рагъазул ва рагъулал лъугьа-бахъиназул гIахьалчагIазеги, аскариязеги (аскарияв хун хутIарал хъизамазеги), пенсионеразеги. Гьел налогалдаса эркен гьарун руго, гьезул мулкалъул багьа 300 млн гъуршиде бахунеб гьечIони. Амма вугодай нилъер гьединав бечедав пенсионер… Камуларо пенсионер яги бигьалъаби щолеб къокъаялъул цогидав чи кабинеталдаса кабинеталде хьвадизавизе гъира бугев хIакимчиги.
Сундулъ бугеб балъголъи?
300 млн гъуршил багьаяб мулкалдаса муниципалияб бюджеталъе щибаб соналъ щвезе буго налогалъул анлъго млн гъуруш. Гьеле гьелъукьа хIинкъун, Дагъистаналъул депутатаз цIияб закон бачIинахъего къабул гьабичIеб! Чан чиясулха батилеб гьединаб багьаялъул мина. Аммаха… Нилъер гIадамаз мина балеб мехалда, бугеб ресалда рекъезабуларо гьеб – налъукье кканиги, хIаракат гьабула лъикIаб, лъимал-хъизамалъе гIураб бакI базе. Хасго хIаракат гьабула мадугьаласукьа къураб бугин абизе гуринги.
Бугищ божилъи, кадастралъулаб багьа ритIухълъиги цIунун чIезабиялде? Гьеб чIезабулаго, хIисабалде босула мина бугеб бакI, гьелъул басралъи-цIилъи, бичун ине рес букIин ва гь.ц. Законалда рекъон, чIезабураб кадастралъулаб багьа хисизабизе бегьуларо щуго соналъ. Кин хисизе бугеб пуланаб минаялъул багьа гьеб щуябго соналъ? Ахираб заманалда МахIачхъалаялда минаби учузлъана кIицIулниги: гьеб босизе рес бугел гIадамал гьечIолъиялда банги. Дагътехкадастралъул вакил Айдемир ИсмагIиловас доб «гургинаб столалда» рагIи кьуна къокъаб заманалда жаниб Дагъистаналъул щибаб минаялъул багьа чIезабизе. Дунги ургъулев хутIун вуго: чан гъурушдай «ахIилеб» магIарухъ, росу бакьулъ бугеб, 1959 соналдаго дир кIудияв инсуца бараб, бащдаб биххараб кIитIалаяб минаялъухъ? Дун гIадав нус-нусазар чи ватиларищха Дагъистаналда.
Дагъистаниязул психологияги
мулкалъухъ налогги
РукIуна ресукъал, амма кIудияб мина бугел дагъистаниялги. Бажариладай гьезухъа мулкалъухъ налогалъул 0,5 процент кьун, налог дагьлъизабулел коэффициентал хIалтIулеб заман тIаса ун хадуб? Масала, МахIачхъалаялда бугеб 30 млн гъуршил багьаяб минаялъухъ кьезе ккола лъагIалие 150 азарго гъуруш. Гьединаб минаялъул бетIергьанасул гIураб харж щолеб хIалтIиниги яги бизнесниги букIине ккелаха. Гурони, хъизамалъул киса багьизабизехъин буго мулкалъухъ налогалъ. Яги, минаги бичун, ресалда рекъараб босизе хIажатавлъун ккела гьев, щайгурелъул рес буго, налог кьоларин абун, судалъул приставал рачIине ва минаги бахъун тезе.
Лъицаха босилеб гьедин бичулеб мина? Гьайгьай, ресалда ругез, бечедаз. Россиялъул бокьараб шагьаралдаса ва къватIисел улкабаздасагицин чи вачIине бегьула гьеб мина босизе. Пачалихъияб Думаялда ругелъулха Россиялъул бечедал чагIазул «рагьдателал», гьез гьезда бицинарищ, пуланаб бакIалда учузаб мина бичулеб бугин абун. Ралъдал рагIалда, мугIрузул ракьанда ругел нилъер шагьаразул кинаб къисматдай ккелеб гьеб мехалда, нужецаго хIисаб гьабе.
Дир пикруялда, налог жеги дагьлъизабизе ккола – 0,2-0,3 проценталде щвезегIан. ЦIикIкIинаризе ккола, налог бахъулаго, бигьалъи гьабулел гIадамазул тайпабиги. Гурони, дагъистаниял къватIахъ хутIизе рес буго.
Щиб гьабилеб?
Вице-премьер ХIажимухIамад ХIусеновас абуна, цIияб закон къабул гьабуни, 2020-2022 соназда муниципалитетазул бюджетазул хайир бахине бугин 480 млн гъуршиде. Гьеб квеш букIинаро. Амма щибдай ккела кIиабилебги лъабабилебги нухалда цIалун, закон тасдикъ гьабураб, хасго гьеб хIалтIизе байбихьараб мехалда?
Щиб гьабилеб шагьараздагун росабалъ гIумру гьабулел хIалтIи гьечIого хутIарал дагъистанияз? Кадастралъулаб багьа гIодобегIан бачине ккела. Гьедин лъазабизе ккела муниципалияб нухмалъиялдаги, Мулкалъул министерствоялдаги (Екатерина Толстиковалда), Дагъистаналъул кадастралъул агентствоялдаги. Налогал цIикIкIинариялъул мурадалда гIадамазул пикру гьабичIого рукIине бегьиларо.
Денга Халидов