Каспиялда ччугIа гьарзаго буго, амма гIунгутIаби камулел гьечIо  

 

   ДРялъул хIукуматалда тIобитIана республикаялда ччугIихъанлъия­ лъул магIишат нахъе ккун букIиналъул хIакъалъулъ бицараб данделъи. Вице-премьерасул ишал тIуралев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас ракIарун рукIана гьенире ччугIа гIезабулездаса байбихьун, гьелда хадуб хъаравуллъи чIезабулел хъулухъазда хIалтIулел гIадамал. ЦIакъ тату хвараб хIал бугин республикаялда гIезабулеб ччугIида сверухъин абуна ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас. Гьесул рагIабазда рекъон, cоветияб заманалда Дагъистаналъул ччугIица хьихьун вукIана гIемерав чи, къватIибеги баччулаан гьеб. Амма СССР биххаралдаса лълъаранибе ана гьебги гьелъул тадбир гьабулел идарабиги. 1990-аби- лел соназдайин абуни цониги сах-саламатаб идарацин хутIичIо гьелъул милат гьабулеб. Цояб министерствоялъухъа цогидалъухъе кьун, ахирги ТIабигIат цIуниялъул министерствоялда тIадги къан, вехь гьечIеб гIиял гIадаб даражаялде ккана ччугIил магIишат.

 

  — Гьебги хIисабалде босун, ччугIи­ хъанлъиялда ракIунтарал гIадамазул рахъалъ рачIунел гIарзабазул хачIги гIолеб букIун, республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовас жиндирго бербалагьиялде гъоркье босана гьеб суал. ХIукуматалда гьанже буго ччугIихъанлъиялъул магIишаталъул рахъалъ хасаб комитет. Гьале гьанив вуго гьелъул нухмалъулев Виктор Руденкоги. ГIагараб заманалда жаниб щиб гьабизе бугебали цин гьас бицина, гьесухъа хутIараб нужеца тIаде жубала, пикраби дандрала. Протоколалъул къагIидаялъ чIамучIал докладал гьаризе гурел, ракIалда бугеб бицинеги, цоцазе суалал кьезеги данделъун руго жакъа нилъ, — ин абуна вице-премьер ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас.

  Гьениб Виктор Руденкохъ гIе­ неккизе хIадурго рукIана ччугIи­ хъаби. Амма гIедегIалихъего хъурун бачунеб гьесул кIалъаялдаса гIе­мераб жо ракIалда чIечIо, цIикIкIун ччугIаги кквезе, ккуралъул бакIалда цIияб тайпа гIезабизе бугин абураб калам гурони. Цоги жо чIана гьес бицаралъул ракIалда. Каспиялъе жибго жиндаго чIараб правовияб статус тIалаб гьабизе къваригIун бугиланги абуна В. Руденкоца.

 

ЦIогьазул гIинги кьурун, цо миллиард тIокI гьабизе кIвана

 

  Хъулухъ гьечIого, ай къанунги хвезабун, исана соналда жаниб Каспий ралъдалъа ккураб ччугIил къадаралъул ва гьелдалъун экономикаялъе ккараб заралалъул хIисаб кьезе рагIи босана РФялъул ФСБялъул гIорхъаби цIунулезул хъулухъалъул ДРялда бугеб бетIераб управлениялъул нухмалъулесул заместитель Дмитрий Некрасовас. ЦIогьохъего ччугIа кколел гIадамал тIатинариялъул хIасилалда, цо млрд. гъурущ тIокI гьабизе кIванин бицана гьес.

  Гьединго чан цIогьор тIатина­вуравали тарихалги рехсана. Амма къанунги хвезабичIого, бер- цинго, пачалихъалъ кьураб изнуялда рекъон, ччугIа кколел гIадамазул хIаракатчилъиялъул хIакъалъулъги бицана Некрасовас. Аслияб къагIидаялъ Каспиялъуб ччугIихъабаз кколеб буго сазан, вобла, судак, кутум, сом. 202I соналъ пачалихъалъ ччугIихъанлъиялъе бихьизабун буго ччугIил 2300 тонна кквезе, жакъа къоялде гьеб квота тIубазабун буго 36 проценталъ.

  КIудияб къадаралда гумиги хIалае хIалтIизарун, Каспиялда бищун гIемер кколеб буго киль- ка. Гьелъул хIакъалъулъ бицана ТIолгороссиялъул ГIелмиял цIехрехал гьарулеб институталъул Волжско-Каспийский филиалалъул вакил Пирмурад ТIаибовас. Каспий ралъдалъ хутIун бугеб ччугIил цIехрехал гьарулеб, гьезул тайпаби лъазарулеб хасаб отдел гIадаб жо букIин бичIчIана гьезул филиалалда. Гьеб отделалъул нухмалъулев ккола Пирмурад ТIаибов.

 

ЧчугIил нигIматал гьарулеб завод: баладай, балародай?

 

  ГIагараб щуго-анлъго соналда жаниб кквезе гIураб нахърател бугин Каспий ралъдалъ килькаялъул абун бицине лъугьарав ТIаибовги гьоркьов къотIизавун, ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас кьуна гьесие суал, гьедин батани, щуго соналъ цебе, лъугIун иналде ккун, киль­ка тIагIиналъе гIилла щиб букIара­билан.

  — ГIадамазул гIайибалдалъун кка­ раб жо гьеб букIинчIо, ГIабдул­ муслим МухIидинович, гьеб ккана тIабигIиял балагьазул хIасилалда. Каспий ралъдал тIиналдаса къва­ тIибе сероводороднияб масса абураб загьруяб лъамалъиги пунхъун, гьелъ хвезабуна ччугIа, — ян абуна гьес, гIайиб бацIцIунеб гIадин.

  — Гьедин батани, дуца бице гьаб­ сагIаталда жаниб кигIанасеб нахърател бугеб Каспий ралъдалъ килькадул, — абун тIадцун цоги суал кьуна вице-премьерас гьесие.

 — 100 000 тонна.

 — КигIанасеб заманалъ гьеб гIолеб?

 — РакIалда гьечIел тIабигIиял бала­ гьал тIадчIвачIони, щуго соналъ гIе­ зе ккола, — ян абуна Пирмурад ТIаи­бовас.

— Гьалмагъзаби, журналистал. Дир гьари буго нужеде, гьабсагIат гьес кьураб баян къалмиде босе, телевидениялдаса рачIаразги гьабсагIатго камера гьесде битIизабе, гьес абураб жо киналго каналаздаса бихьи- забе, — ян речIчIа-регIун лъугьана ГI. ГIабдулмуслимов.

— ГIадамазда лъазе ва рагIизе ккола Каспий ралъдалъ кигIан ччугIа бугебали. Гьедин батани, дир цоги суал буго дуе, — ян нахъойги, гIелмияб институталдаса вакил ТIаибовасдехун вуссана ГI. ГIабдулмуслимов. — Гьеб дуца би- цунеб хIалалъ Каспиялъуб ччугIил нахърателги батани, республикаялда ччугIил нигIматал хIадур гьарулеб завод баялъул магIна бугищали лъазе бокьун буго дие.

— Дица абулеб гьечIищха, нилъеда рачIел нагагьал лъугьа-бахъинал ккечIого хутIани, щай бегьулареб гьеб завод базе, — ян гьимана Пирмурад ТIаибов. ЦохIо килька гуреб, тIокIал кинал тайпаби Каспий ралъдалъ гьарзаго ругел ва кинаб ччугIа, мисалалъе, тIагIун иналда хIинкъи бугебин суал кьуна «ХIакъикъат» газеталъул рахъалдаса гьесие.

— ТIагIун, лъугIун унеб ччугIил тайпаялда гъорлъ рехсезе бегьула вобла. Амма гьебги нилъер гьанибе- хун гуреб, Саратовалдехун гIагарда бугеб рахъалда буго гьединаб ахIвал-хIал. ХутIараб ччугIа Каспия­ лъуб гьарзаго буго, — ян жаваб кьуна гIелмияб институталъул вакилас.

 

«ЧчугIа гьарзаго буго, амма хIорал ракъвалел руго»

 

    «Жемчуг» абураб, хасаб бетIер­ гьанлъиялъулаб ччугIа гIезабулеб предприятиялъул вакил ХIажимурад Зубаировасулги букIана лъикIаб кIалъай.

— Нижер ОООялъ гIемераб ччугIа ккола лъагIалида жаниб. Амма гьелъул нигIматал гьарулел бакIалги цехалги гьечIого, гIемерисеб ччугIа гIадада холеб буго. Россиялъул реги- оназде битIизеги хираго чIолеб буго, — ян рахIатхун кIалъана ХI. Зубаиров. Гьеб бакIалда гьал мухъазул авторас гьадинаб суал кьуна ГIаб­дулмуслим ГIабдулмуслимовасе.

— Каспий ралъдалъ бугеб ччугIил нахърателалъул къадар гьарзаго батани, ччугIил нигIматал хIадурулеб завод базе пикру бугиланги абуна дуца. Гьаниб духъе щвараб жавабалда рекъон, кинаб хIукмуха ахирги ккараб, базе бугищ республикаялда гьединаб завод?

— Гьеб заводни базе бегьилаан, амма гьелда цебе цин лъутIа-къотIун пикраби дандразе данделъун руго жакъа гьанир. Завод цоги, кIигоги соналъе балеб жо гуреблъидал букIунеб. Гьанире инвесторалги ахIун, гьез гIарацги биччан, цо ункъощуго соналдасан ччугIил бачIинги гIодобе ккун, гIадада гьабураб иш ккечIого букIине, къваригIун буго цин кинабго мухIканго роцIинабизе. Жакъа чIванкъотIун гьеб суалалъе жаваб жеги гьечIо. «Балагьила, би- хьила», — ян абухъе, дагьаб хадуб баянлъила кинабго, — гьедин лъазабуна ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас.

ЦохIо Каспий ралъдалъ бугеб гуребги, цогидал бакIазда ччугIа гIезабиялъул суалги борхана гьениб. Мисалалъе, республикаялъул Северияб рахъалдехун ругел хIорал ракъван ругин бицана «Каспрыба» абураб ассоциациялъул нухмалъулев Мурад Жабуевас. Гьениб цебе гьарзаго букIунаан ччугIа. Гьанже абуни, хIоразухъа лъим мигьлъулеб букIун, гIемерисел ччугIихъабазул рес гьечIо ччугIа гIезабизе.

 

    Гьеб гIунгутIи букIин жидеда лъалин, масъала роцIинабиялъе хIукуматалъ хIалтIи гьабулеб буги- лан абуна ГI. ГIабдулмуслимовас. Гьединаб букIана ччугIил темаялда тIасан араб анкьалда тIобитIараб данделъиялъул хIасил. Бихьулеб буго республикаялда ччугIихъанлъи бечед гьабизе ресал ралагьулел рукIин ДРялъул хIукуматалъ.

 

Ашахан ЮСУПОВ