Гьуинаб, тIагIамаб, аскIосан унеб…

 

 

Гьоркьохъеб хIисабалда лъагIалида жаниб дунялалда тIад кколеб буго 90-100 млн тонна ччугIил. Бищун цIикIун гьеб ккола Кита— ялъ – 15,7 млн тонна, Индонезиялъ – 6,7 млн тонна, Индиялъ ва США— ялъ – 5,1 млн тонна. Гьеб мухъилъ Россия буго щуабилеб бакIалда – 5 миллионгIанасеб тонна. СССРалъул заманалда 9-10 млн тонна кколаан ва гьелъул цIикIарасеб бутIаги (3,5 млн тонна) Дальний Востокалъул регионалда. Цо-цо гIалимзабаз чIезабухъе, тIабигIаталъе зарал гьечIеб куцалда Каспий ралъдалъ (Дагъистаналъул бутIаялда) лъагIалида жа— ниб кквезе бегьула 112 азарго тонна ччугIил, гьелдаго гьоркьоб 95 азар— го тонна килькадулги.

 

 

 

  2019 соналда республикаялда ккун букIана 10 азаргоялдаса цIикIкIун тонна. Гьелде щвезегIан, ай ахираб 20 соналда жаниб гьединаб къадар киданиги ккун букIинчIо. 2020 соналда ккуна 2,2 нухалъ цIикIкIун (22,3 азарго тонна), 2021 соналъул 9 моцIида жаниб — 21,9 азарго тонна. ГIагараб 3 соналда жаниб гьеб къадар бахине ккола 50 азаргоялде, гьедигIанасеб къадар кколаан советияб заманалда. 2018 соналда байбихьана МахIачхъалаялъул порталда ччугIа къачIаялъул терминал баялъул хIалтIи. Гьелъ ва ччугIа кколеб флот цебетIезабиялъ рес кьезе буго ччугIихъанлъи лъикIаб даражаялде бахинабизе. Ижара хIисабалда ччугIил порт кьуна «Порт-Петровск» ОООялъухъе. Инвестицияздалъун рехсараб проекталда гьеб ОООялъ лъуна 200 млн гъурущ, гIуцIана 50 чи хIалтIизе бакI, гьелда рекъон гьабу- на гIемераб цогидаб хIалтIиги. Къабул гьабураб цоги проекталда рекъон, порталда базе буго ккураб ччугIа хехаб хIалалда цIорозабулеб цех ва хадубккун гьеб цIунулеб склад. Цо сордо-къоялда жаниб гьеб цехалъ цIорозабула 100 тонна ччугIил, хадубккун гьеб бахинабизе буго 200 тоннаялде. Складалда цIунизе кIвезе буго 700-гIанасеб тонна продукциялъул. Гьеб хIалтIи цебетIезабиялъе биччазе буго 160 млн гъурущ ва хайир щвезе байбихьизе ккола 5 лъагIалидасан.

  Кинабго хIалтIи тIубан хадуб порталда къачIазе кIола 18 азарго тонна ччугIил, букIине буго 100чиясе хIалтIизе бакIги. ХIажатаб алат-къайи (гьелъул багьа ккола 100 млн гъурущ), «Даглизинг фонд» гIуцIиялъул квербакъиялдалъун босулеб буго лизинговияб къагIидаялда.

 

 Инвестициялъул проектал

  ЧIахIиял гуми хIалтIизаричIого ччугIа кколеб «Нияро» ОООялъги гьабулеб буго килька кколел компа- ниязе ччугIа къачIаялъе квербакъулел хIалтIаби. Гьелъ гIумруялде бахъинабуна ччугIа цIорозабулеб цех (къойида жаниб 60 тонна) ва 300 тонна цIунулеб склад баялъул проект. Гьелъул багьа ккола 25 млн гъурущ, чIезабуна 12 чиясе хIалтIизе бакI.

  «Каспийский маяк» ОООялъ («Дагърыбпром») хIисабалде боса- раб проекталда рекъон, базе буго ччугIа кколеб 20 гама чIезе бакI бу- геб порт, 30 азарго тонна продукци- ялъул къачIалел цехал ва лъагIалие ччугIил 40 млн шартIияб банка къватIибе биччалеб завод. Гьеб иш тIубазе буго Избербаш шагьаралда ва гьелъ 450 чиясе чIезабизе буго хIалтIи. Амма гьелъие жеги байбихьи лъун гьечIо.

  «За Родину – Каспий» компаниязул къокъаялъ байбихьун буго цоги кIудияб проект гIумруялде бахъинабизе. 400 млн гъурщил багьаяб гьеб проект хIалтIизе ккола МахIачхъалаялда, гьелъул хIасилалда бараб цехалда къачIазе буго 170 тонна продукциялъул (цо къойида жаниб) ва складалда цIунизе буго 5 азарго тонна. Гьеб производствоялда хIалтIизе вуго 40 чи. Хадурккун гьебго компаниялъ къватIире риччазе руго консервабиги.

  Гъизилюрт шагьаралда, «Янтарное» ОООялда, исана байбихьана килька ччугIа консервабахъги лъун къватIибе биччазе. 12 чи хIалтIулеб ОООялда гьабсагIаталда кIола моцIида жаниб 90 азарго гьединаб банка къватIибе биччазе. Амма гьелъул цIикIкIараб тIалаб букIиналъ, планалда буго гьеб къадар 500 азаргоялде бахинабизе. Босун буго гьелъие хIажатаб кинабго оборудованиеги.

  ТIадехун рехсараб пайдаяб ва кIвар бугеб хIалтIуда цадахъго буго ургъизе тIамулеб цо гьадинаб хIужаги. Нилъер республикаялда ккураб килькадул 95 процент, цIорозеги гьабун, уна мадугьалихъ ругел регионазде. Дагьабги лъикI къачIан ва тIад цогидал хIалтIабиги гьарун, гьеб гьениса бичула Россиялъул гIемерал регионазде. Гьелда рекъон, аслияб хайирги щола гьеб бечелъи гIезабураб ва ккураб нилъер республикаялъе гуреб, хадусеб хIалтIи гьабурал цогидал регионазе.

 

ГIабаш ГIАБАШИЛОВ