Дагъистаналъул инвестициялъулаб къуват, гьелъие ругел ресал гIезегIан лъикIал руго. Хасалоцин цIер къалареб ралъдал рагIалда, чанго пачалихъалъул гIорхъода букIиналъ Дагъистан буго географиялъулабгун экономикияб рахъалъ санагIатаб бакIалда. Республикаялда гIезегIан руго цогидаздаса къечIеб даражаялъул, лъикIаб тайпаялъул продукция къватIибе биччалел производстваби, тIабигIиял шартIал руго магIишат гIуцIиялъе рекъарал, гIемерал руго хIалтIи гьабизе лъайги, бажариги, гъираги бугел предпринимателал. Гьеб киналдаго тIаде, республикаялъул буго Россиялъул цониги регионалъул гьечIебгIан бечедаб миллияб хаслъиги. Гьеб кинабгоги хIисабалде босун, республикаялда гьабураб инвестициялъулаб хIалтIул хIасилал, хадурккунги гьабиялъе ругел планал, бизнесалъе шартIал гIуцIиялъе ругел ресал загьир гьаризе гIуцIулеб буго «Стратегия социально-экономического развития РД до 2030 года» абураб программаги.
Гьелдаго цадахъ рехселин гьитIинабго баянги. Къарзалъе кьолеб гIарцудаги (кредит) инвестицияздаги гьоркьоб буго кIудияб батIалъи. Къарз буго гьеб босарав чиясул ялъуни предприятиялъул хIалтIул, кинаб хIасил кканиги, гьез тIад буссинабизе кколеб гIарац. Инвестиция ккола хайир щвезелъун цо производство (бокьараб предприятие, нух, аэропорт, ахал ва гь.ц.) гIуцIизелъун хIалтIизабизе кьолеб гIарац. Нагагьлъун гьеб хIалтIул пайда ккечIони, гьелъ хайир кьечIони, гьенир лъурал киналго инвестициялги (кинабго гIарац) гIадада уна, инвесторги (инвестициязул хважаин) хутIула хIорго.
Гьединлъидал инвестор киданиги гIедегIуларо дагьабниги щаклъи бугеб хIалтIуда аскIове къазе. Гьединаб ишалъулъ живго бетIергьанаб гIарацги хIалтIизабуларо. Гьеб хIалтIизабизе ккани, къваригIуна чIванкъотIараб планги, юридикияб роцIиги, коррупциялъул ва ришватчилъиялъул рахъалъ рацIцIалъиги. Гьединал шартIал чIезари ккола пачалихъиял идарабазда тIадаб хIалтIи. Гьел хIисабалде росун руго «Экономическое развитие и инновационная экономика» абураб ДРялъул пачалихъияб программаялъул «Создание благоприятных условий для привлечения инвестиций в экономику Республики Дагестан на 2021-2033 гг» абураб подпрограммаялъ.
Ахираб заманалда гьеб рахъалъ гьаруна гьадинал хIалтIаби:
— «СК-Аква» ОООялъул «Создание рыболовецкого комплекса по разведению осетровых пород рыб и получению икры» абураб инвестициялъулаб проекталъе кьуна «цIакъго кIвар бугеб инвестициялъулаб проект» цIар ва гьеб гIумруялде бахъинабиялъ рес кьезе буго 50 чиясе хIалтIулал бакIал чIезаризе.
— Ахираб кIиго соналда жаниб, анлъго инвестициялъулаб проекталъе, торг лъазабичIого, ижараялъе кьуна республикаялъул къайимлъиялда бугеб ракь. Исана гьединабго къагIидаялда ракь щвезе буго жеги лъабгоги проекталъе.
— «Корпорация развития Дагестана» АОялдаса капиталияб къагIидаялда бакIал ралел цо-цо юридикиял гIуцIабазе бюджеталъулал инвестициял щвезе рес кьолеб низам чIезабизелъун хIадурана ДРялъул хIукуматалъ къабул гьаризе ругел хIукмабазул проектал.
Гьеб кинабго хIалтIуда цадахъ хIадурана инвесторазе бигьалъаби чIезарулел юридикиял актал. Бугеб ахIвал-хIал бихьизабулеб, гьелъие къимат кьолеб суал ккола производствоялъулъ, фабрик-заводазул мина-къайиялъулъ, техникаялъулъ, чIахIияб къайи-цIаялъулъ, тIагIел- алаталъулъ («Основной капитал») лъурал инвестициязул къадар.
Исана соналъул тIоцебесеб бащалъиялда гьеб бахана 59,2 млн гъурщиде ва гьеб ккола гъоркьиса бакIараралде дандеккун 104,9 процент.
Мекъи букIинаро республикаялъул экономикаялъул аслияб бутIа росдал магIишат ва гьелъул нигIматал къачIалеб промышленность бугин абуни. Гьениб хIалтIулер руго 10 инвестпроект, гьезда гьоркьор руго теплицабазул лъабго магIишат, кIиго – пихъгун овощазул ва кIиго ччугIил магIишатазул. Промышленносталда хIалтIулеб буго 16 инвестпроект ва гьезда гьоркьор руго «Каспийский завод стекловолокна» ООО, «Концерн КЭМЗ» ОАО, «Керамогранит Дагестан» АО ва цогидалги.
Дагъистаналде рачIунел туристазул къадаралъги (исана гIага-шагарго цо млн турист вачIана) гьелъие гьанир ругел ресазгун шартIазги бицуна туризмалъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Гье- динлъидал гьениб хIалтIулеб буго 10 инвестпроект.
ЦIатариялъулгун энергетикаялъул комплекс ккола жидеда гIемерал производстваби рухьараб, экономикаялъул аслиязул цояблъун кколеб бутIа.
Республикаялъул руго лъел гучал сурсатал, руго бакъул ва гьорол энергетика цебетIеялъе данде кколел ресал. Гьеб рахъалъ руго Юждагалда (Самур гIоралда) 6 гьитIинаб ГЭС баялъе ва «Хевел» компаниялъул бакъул гучалъ хIалтIизабулеб электростанциялъул проект гIумруялде бахъинабиялъе инвестпроекталги. Республикаялда буго инвестициялъулаб цебетIеялда тIад хIалтIулеб чанго гIуцIиги. Масала, «Корпорация развития Дагестана» АО ва «Фонд микрофинансирования и лизинга РД» компаниял. Ахираб заманалда гьеб компаниялъ гьабуна 43 лизинговияб (багьаялъул цо бутIа хадубккун, дагь- дагьккун кьезелъул къай-цIа бичи) къотIи-къай (гIаммаб багьа — 214 млн гъурущ) ва микрозаймал кьеялъул 48 къотIи-къай 131,5 млн гъурущ).
Пачалихъияб гьеб кумек щварал гьитIинаб ва гьоркьохъеб бизнесалъул предприятияз цIидасан гIуцIана 219 чи хIалтIизе рес бугел бакIал. «Фонд содействия кредитованию субъектов малого и среднего предпринимательства РД» абураб фондалъул квербакъиялдалъун гьоркьохъеб ва гьитIинаб бизнесалъул 21 предприятиялъе щвана 102,9 млн гъурщиде кумек, щвезабуна къарзалъул гIарцул 315 млн гъурущ.
«Центр поддержки предпринимательства РД» абураб гIуцIиялъ тIубана гIадамазул ва предприятиязул 1593 хъулухъ. Гьеб киналъулго хIасилалда инвестициялъулал проектал тIураялъе пачалихъалъул идарабаз ва ишалъулал гIадамаз гьабулеб цадахъаб хIалтIуе щолеб буго тIадегIанаб къиматги.
РФялъул Экономикияб цебетIеялъул министерствоялъ тIобитIулеб рейтингалъул хIисабалда рекъон, гьеб рахъалъ Россиялъул регионазда гьоркьоб 2020 соналда республикаялъ ккуна 58-абилеб бакI.
2019 соналдайин абуни нилъ рукIана 76-абилеб бакIалда.
ГIабаш ГIАБАШИЛОВ