8 сентябралда МахIачхъалаялда Россиялъул тарихалъул музеялда тIобитIана социалиябгун экономикияб рахъалъ Дагъистан цебетIезабиялъул бицунеб конференция.
Гьелда гIахьаллъана СКФО цебетIезабизелъун РФялъул Минэкономразвитиялда цере гIуцIарал Департаментазул директорзаби Игорь Храновский, Камил Бексултанов, ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликов, хIукуматалъул председатель ГIабдулпатахI ГIамирханов, батIи-батIиял идарабазул нухмалъулел ва экономистал.
Конференциялда гьоркьор лъун рукIана 2024 ва 2030 соназде щвезегIан республика цебетIезабизелъун хIадурарал Стратегиял. Меликовас абуна гьенир рихьизарурал пунктал тIуразаризе ккани, нилъеда рагIа-ракьанде щун нилъерго ругел ресал лъазе кколин. Гьединлъидал хIажат бугила гьабсагIаталда республикаялъул экономикаялъе хIакъикъияб къимат кьезе ва гьелъие хIажатаб къадар гIарцул хIисаб гьабизе.
Миллияб проектал гIумруялде рахъинариялъе нилъ нахъа хутIулел ругиланги абуна Сергей Меликовас.
Гьесул рагIабазда рекъон, республикаялда гIолел гьечIо гIадамазе хIалтIизе бакIал. Хасго санайилго тIаде гIолезул къадар цIикIкIунеб букIиналъги захIмалъулеб буго хIалтIи балагьизе. Гьединго басралъун, жагъаллъун руго рукIа-рахъиналъул объектал, газалъулгун энергетикаялъул магIишат. Чамалиго соназ ран рахъунарого руго гIадамазе кIвар бугел цо-цо объектал (гьединазул къадар ккола 1604).
Социалияб мурадалъул бакIал хIажат руго жакъа республикаялъе.
Сергей Меликовасул рахIат хвезабулеб буго шартIал гьечIолъиялъ къойидаса-къойиде гIадамал росабалъа гочунел рукIиналъ. Гьениб рукIа-рахъин лъикIлъизабиялда тIад ургъулаго, росдал магIишаталъул кIваралъул ракьазулги миллат гьабизе ккун бугин абуна республикаялъул бетIерас.
БачIунеб чанго соналда жаниб социалиябгун экономикияб рахъалъ республика цебехун туркIизабичIони, улкаялъул цогидал регионаздаса нахъа кколин рикIкIунеб бугоан республикаялъул бетIерас.
Гьедин ккунгутIиялъе гIезегIан ресалги рихьулел руго гьесда. Масала, гIи-боцIухъанлъи, цIолбохъанлъи, ччугIихъанлъи, ахихъанлъи, туризм ва цогидаб цебетIезаби.
Цебеккун республикаялда къабул гьабун букIана 2025 соналде щвезегIан гIуцIараб гьединабго стратегия. Амма Игорь Храновскияс абуна гьелда чIванкъотIун тадбиразул план бихьизабун букIинчIила. Гьес рагIи кьуна гьеб конференциялда рехсарал рахъал хIисабалде росизе. Гьединго Храновскиясда лъикIаблъун бихьулеб бугоан нилъер гьаниб севералдаса бахъараб югалде щвезегIан логистика, туризм цебетIезабиялде кIвар буссинабизе, гьединго бизнесменазе кредитал кьолелъул бигьалъаби гьаризе.
Камил Бексултановас бицана нилъер республикаялда 15 объект баялда бан РФялъул хIукуматалъ кьурал тIадкъаязул хIакъалъулъ. Гьезул цо-цоял ккола МахIачхъалаялдагун Дербенталда аскIосан рахъулел шагьранухал, ЖКХялъул объектал. РФялъул Минэкономразвитиялъ гIарац биччалеб буго МахIачхъалаялъул аэропорталъеги.
Гьединго кватIичIого, республикаялъул хIукуматалъ Москваялде кагъат битIарабго, гьеб министерствоялъ тIасиял соназда биччазе буго Ахтиялдагун Избербашалда больницаби разеги гIарац.
ДРялъул экономикияб цебетIеялъул рахъалъ министр Руслан ГIалиевас тIадчIей гьабуна муниципалитетал церетIезаризе ругел ресазда. Амма гьелъие квекIен кколеб буго шагьаразул магIишат 70 проценталъниги басралъун букIиналъ.
БукIаниги, федералияб даражаялда халгьабулеб буго Каспийскиялъул инфраструктура кин цебетIезабилебали. ХIисабалде босун буго гьениб 35 объект базе. Гьединго къабул гьабун буго МахIачхъала цебетIезабиялъул рахъалъ пачалихъияб программаги. Гьелда бихьизабун буго 2021 соналда шагьаралда жамгIиял бакIал къачIазе 500 млн гъурущ биччазе.
Министрасул рагIабаздалъун, республика цебетIезабиялъул мурадалда кIвар кьезе буго ункъо шагьаралде – МахIачхъалаялде, Каспийскиялде, Дербенталде, Хасавюрталде. Масала, Хасавюрт цебетIезабизе буго гьелда сверухъ бугеб районги гъорлъе бачун. Гьединго цогидалги.
Дербент шагьар районгун цадахъ цебетIезабуни, тIолабго Юждагъалъего туркIи ккезе рес бугин рикIкIунеб буго Руслан ГIалиевас.
Гьединго тIалъиялда ракIалда буго севералдехун ругел шагьаралги гъорлъе рачун, Гъизляралда центрги гьабун, 11,5 азарго чиясе хIалтIизе бакI бугеб хасаб экономикияб зона гIуцIизе. Гьелда гъорлъе ина Гъизляр, Нугъай, Бабаюрт районал, Гъизляр ва Южно-Сухокумск шагьарал.
Гьеб 2030 соналде щвезегIан гIуцIараб гьеб Стратегиялде тIадежураял гьаризе бихьизабун буго гьаб сонил 11 октябралде щвезегIан болжал.