Запись

«Волейбол букIинчIебани, сунде руссундай рукIинаан гьанир гIадамал?»

  Волейболалъул таргIие лъураб памятник Дагъистаналда цохIо ТIануси росулъ гурони батиларо. ГIезегIан соназ цебего гьенибе газ бачунелъул «Газпромалъул» вакилзабаз бараб кIудияб спортзалалда цебе буго гьеб. РакIалде щвеялъе щиб нужее гьаниб телебин гьикъидал, таргIие памятник лъейин абун буго тIанусдерица гьезда.       Волейболалъулгун гьезул гIадаб гьоркьоблъи букIарабани, цогидал росабазги абилаан гьединго. Цо нухалъ хундерикьайищ, гIабадерикьайищали волейбол хIалаго къурал...

Запись

Жеги ургуялда мугъ цвизабизе кIвечIев

          18 сентябралда пашманаб ругьел щвана Турциялдаса. 91 сонил гIумруялда ахи­раталъул рокъове ана МустIафа Да­гъис­танлы. КIиго нухалъ Олимпиадаялъул ва лъаб­цIул дунялалъул чемпион, ургуялда жеги къей лъачIев речIчIухъан —  чIаго вукIаго легенда лъугьанин абизе бегьула гьесул.     Гьонодаса мугьажирзабазул наслуялъул чи   МустIафа Дагъистанлы гьавуна Турциялъул Самсун шагьаралда 1931 соналъул 11...

Запись

Волейболалъе бахъараб хвалчен лъалиниб лъуна

      Исана риидал республикаялдаго цIар рагIарав «таргIил устар», тIабигIаталъго волейболалъе гьунар-махщел сайгъат гьабурав, гъорлъе лъугьаралдаса тIубараб къуватги жигар-жанги спорталъе кьурав КIахъа Хвалчен-МухIамадил гIумруялъул 70 сон тIубан бугиланги рагIун, газеталъе материал хIадурилин йикIана дун… Амма, кидаго гIадин, кватIун ккана. КватIун ккана муста­хIикъав чиясе къимат кьезе, гьев хинал рагIабаздалъун вохизавизе. Араб гIасруялъул 70-абилел соназ волейболалъе...

Запись

Турниразул къадар цIикIкIинабуни лъикI

Гьал къоязда ниж дандчIвана эркенаб гугариялъул рахъалъ Дагъистаналъул тIаса бищараб командаялъул тренер ХIажи Рашидовгун. Гьес бицана рехсараб спортивияб тайпаялъул рахъалъ ахирисеб Россиялъул чемпионаталда командаялъ рихьизарурал хIасилазул, капитан ГIабдурашид Садулаев гьелда цеве вахъинчIолъиялъе ккараб гIиллаялъул, гIагараб заманалда рукIине ругел турниразул, гьезде хIадурлъулел ругеб куцалъул. -Тываялъул Кызылалда букIараб чемпионаталда нилъее щвана щуго меседил, ункъо гIарцул ва ичIго...

Запись

Анкалаевасул ичIабилеб бергьенлъиялдаса росуцоязул рохел

       Гьаб нухалъ сапаралъ дун ТIелекь росулъе ккана. Араб гьатIан къоялъ, 21 августалда рохалилаб дандеруссин букIана гьениб. UFCялъул речIчIухъан, квержубураб рагъул рахъалъ дунялалъул ва Россиялъул чемпион МухIамад Анкалаев ккола гьеб росулъа. Росдал жамагIаталъ гьесда хIурматияб дандчIвай гьабулеб бугин рагIун вахъун вукIана къватIиве. Газеталъул жакъасеб номералда нужее бицине бокьун буго гIицIго Анкалаевасул гуребги, ТIелекье...

Запись

Чемпионазе гьаниб лъола кьучI

       4 июналда Гъуниб районалъул Гьонода росулъ тIоритIана гIолилазда гьоркьоб эркенаб гугариялъул рахъалъ къецал. Гугарухъабазул школалъе Гьонода тIоцебе кьучI лъурав, мунагьал чураяв МухIамад АхIмадханов ракIалде щвезавун тIобитIараб турнир букIана гьеб.   Шамил, Хунзахъ, Лак районаздаса анцI-анцI гугарухъабаз гIахьаллъи гьабуна тадбиралда. Къецал араб куцалъул бициналде цебе бокьун буго мунагьал чураяв МухIамад АхIмадхановасул хIакъалъулъ дагьабго...

Запись

Ясал къанагIатаб боксалъул бика

     Араб анкьалда Хунзахъ районалъул ТIануси росулъ тIобитIана боксалъул рахъалъ Россиялъул анкьцIул чемпион, дунялалъул чемпионаталъул гIарцул ва мазгарул призер, Олимпиялъул хIаязул гIахьалчIужу СагIадат ТIалхIатовалъулгун дандчIвай. ГьитIинаб ватIаналъул цIар машгьур гьабурай спортсменгун дандчIваялде рачIаразда гьоркьор рукIана районалъул бетIер НурмухIамад Зайдиев, администрациялъул хIалтIухъаби, росуцоял, районцоял. Гьединго СагIадатида бергьенлъаби баркизе рачIаразда гьоркьор рукIана Гъизилюрт районалъул бетIер Рустам...

Запись

«Пиридул хехлъиялда гуккизе ккола дандияв»

       Нилъер ракьцояй, Москваялда гIумру гьабун йигей Айзанат Муртазаевалъе кIиго шапакъат щвана гьал къоязда фехтованиялъул рахъалъ дунялалъул Кубокалъе гIоло Барселонаялда тIоритIарал къецазда. Командаялъулал къецазда Айзанат мустахIикълъана гIарцул медалалъе, жийго цохIо цее яхъун тIоритIарал къецазда гьелъ босана мазгарул медаль.    Командаялъул къецазда Айзанатгун цадахъ цере рахъана Россиялъул спортсменкаби: Татьяна Андрюшина, Виолетта Колобова ва Анастасия...

Запись

Европаялъул чемпионаталде ишангун

   Красноярскиялда, Иван Ярыгинил хIурматалда, тIобитIана эркенаб гугариялъул рахъалъ иргадулаб турнир. Исана гьелда гIахьаллъана 11 пачалихъалдаса 341 спортсмен. Къуватал гугарухъабаздаса гIуцIарал рукIана СШАялъул, Монголиялъул, Казахстаналъул тIаса рищарал командаби. Гьезул мухъилъ рукIана Олимпиялъул чемпионалгун призерал. Дагъистаналъул тIаса бищараб командаялда гъорлъин абуни исана, аслияб къагIидаялда рукIана гьанжего гьанже гугариялъул Олимп асир гьабизе байбихьарал гIолилал.    Эркенаб гугариялъул...

Запись

НурмухIамадовасул бакIалда Валиев

    19 марталда Лондоналда букIине бугеб UFCялъул иргадулаб турни­ралда Дагъистаналдаса речIчIухъан Тимур Валиев дандчIвазе вуго Уэльсалдаса спортсмен Жек Шор­гун. Гьевгун къеркьезе кколаан ХIабиб НурмухIамадовасул вацгIал ГIумар НурмухIамадов. Амма цо-цо гIиллабазда бан, UFC гIуцIиялъул нухмалъиялъ ГIумар турниралда цере рахъине ругел спортсмена­зул сияхIалдаса нахъе вачана. ХI. НурмухIамадовас социалиял гьиназ­дасан лъазабуна ГIумарил букIине кколеб букIараб къеркьеялда све­рухъ...