Россиялъул тIасабищараб команда тIадбуссана Югалъул Кореялдаса ЛъугIана Югалъул Кореялъул Пхенчхан шагьаралда тIоритIарал XXIII хасалил Олимпиялъул хIаял. Киналха гьел рукIарал Россиялъул тIасабищараб командаялъе? Хасалил спортивиял тайпабазул рахъалъ бищунго къуватал спортсменазул 20 процент гурого гьениб гIахьаллъичIолъи хIисабалде босани, хIасилал цIакъ лъикIал ккана. КIиго меседил, анлъго гIарцул ва ичIго мазгарул медалалгун тIадруссана Россиялъул спортсменал Олимпиадаялдаса. Абизе ккола,...
