Лага-черх загIипазе спорталъул цIияб тайпа Гьеб тадбиралда гIахьаллъана 40 чи МахIачхъалаялда «Россия – дир тарих» абураб тарихияб паркалда гъоркьиса декабралъул ахиралда букIана сахлъи загIипал гIадамазе спорталъул цIияб тайпаялъул (бочча) презентация. Гьеб тадбиралда гIахьаллъана Россиялъул тIасабищараб командаялъул тренер Сергей Легостаев ва боччаялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб классалъул спорталъул мастер, Россиялъул чанцIулго чемпион ва халкъазда гьоркьосел къецазул призер,...

