Гьал къоязда UFCялъул чемпион ХIабиб НурмухIамадов дандчIвана гьеб лигаялъул президент Дана Уайтгун. Гьоркьоб лъураб суаллъун букIана Дагъистаналдаса речIчIухъан хадувккун октагоналде вахъи- не вугищин абураб. Гьениб ХIабибица лъазабуна жив тIокIалъ октаго- налда къеркьезе гьечIин. Гьелдаса хадуб СШАялъул ESPN телеканалалъул мухбиралъулгун букIараб гара-чIвариялдаги НурмухIамадовас бицана профессионалияб спорталъулгун къо-лъикI гьабиялъе ккараб гIиллаялъул хIакъалъулъ. ...
