2-10 октябралда Норвегиялъул Осло шагьаралда тIобитIизе буго гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионат. Эркенаб гугариялъул рахъалъ гьелда гIахьаллъизе ругел спортсменазул цIарал загьир гьаруна бетIерав тренер Дзамболат Тадеевас. КIицIул Олимпиялъул, ункъо нухалъ дунялалъулгун Европаялъул чемпион ГIабдурашид Садулаевасул цевехъанлъиялда Норвегиялде ине руго: Абубакар Муталиев (57 кг), ГIабасхIажи МухIамадов (61 кг), Загьир Шахиев (65 кг), Евгений Жербаев (70...

