Запись

Чемпионат Москваялдаса Владикавказалде бахъана

Газеталъул цересел номеразда кьун букIана гугариялъул рахъалъ 2020 соналъул Россиялъул чемпионат Москваялда букIине бугин. Гьал къоязда РФялъул гугариялъул Федераци­ялъул вице—президент Арсен Фадзаевас лъазабуна гьеб улка­ялъул тахшагьаралдаса Владикавказалде бахъулеб бугин.   «Нижеца хIукму гьабуна гу­гариялъул рахъалъ Россиялъул чемпионат Северияб Осетия- Аланиялда тIобитIизе. Гьелда сверухъ улкаялъул гугариялъ­ул Федерациялъул президент Михаил Мимиашвилидагун Северияб Осетия-Алания ре­спубликаялъул бетIер Вячес­лав Битаровасда...

Запись

Дагъистан чIухIарал, мугIруз куцарал

22 июль — Халкъазда гьоркьосеб боксалъул къо кколелъул, санай­ил гьеб байрам кIодо гьабулаан Москваялъул БагIараб майданалда. Исанайин абуни, коронавирусалъул пандемиялда бан, Боксалъул къо кIодо гьабуна онлайн къагIидаялда. Социалиял гьиназдасан бицана Россиялъул ва СССРалъул боксеразул хIакъалъулъ, телеканалаз ри­хьизаруна тарихалде арал гьезул къеркьеял. Гьединго, гьел тадбираз­да хадуб халккуразе рес букIана машгьурал боксеразе суалал кьезе, гьезулгун гара-чIвари гьабизе....

Запись

Микьго соналдаса щвараб бергьенлъи

2012 соналда Лондоналда тIоритIарал Олимпиялъул хIаязда, эрке­наб гугариялъул рахъалъ Россиялъул тIаса бищараб командаялъул мухъ­илъ, 120 кг цIайиялда цеве вахъарав Билал Маховасе щун букIана мазга­рул медал. Гьесда цадахъ лъабабилеб бакIалъе мустахIикълъун вукIана Ираналдаса речIчIухъан Комейл Га­семиги. Россиялъулав доб Олимпиа­даялда къун вукIана гIарцул призер Давит Модзманашвилидаса, ира­налъулавин абуни -Олимпиялъул чемпионлъун вахъарав Артур Тай­мазовасдаса.   Гьал къоязда Халкъазда...

Запись

Аслияб масъала — яхI бугеллъун куцай

Дагьал церегIан къоязда ниж дандчIвана эркенаб гугариялъул рахъалъ гIолилазда гьоркьоб дунялалъул ва Европаялъул чемпион, Тажикистаналъул тIаса бищараб командаялъул мухъилъ Азиялъул чемпион, Халкъазда гьоркьосеб классалъул спорталъул мастер Шамил ГIалиевгун. Гьес гугаризе лъимал куцалел руго МахIачхъалаялъул ХIамид ХIамидовасул цIаралда бугеб спортивияб школалда.   Байбихьуда гьев хьвадулев вукIана дзюдоялъе ругьун гьавулеб секциялде. Хадуб, гьалмагъасул гIакълуги къабул гьабун, хьвадизе...

Запись

ГIадамазе кумек гьаби — кири бугеб иш

РохокъотIиялъе ккараб гIузру сабаблъун эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпион Шамил КIудиямухIамадов ургуялде вахъинчIо 2018 соналдаса нахъе. Унтараб бакI сах гьабизе гьев щвана Германиялде, Италиялде ва цогидалги улкабазде.   Жиндир заманалда 86 кг цIайиялда Россиялъул тIаса бищараб команда­ялъул цевехъанлъун вукIарав Шамил хIалтIулев вуго чорхол ахIвал-хIал рукIалиде бачIинабиялда тIад. Гье­сулгун букIараб гара-чIвариялда би­цана гьаб эпидемиялъул заманалда сунде...

Запись

Масъала тIубана, Куцелаба къуна

   СШАялъул Норфолк шагьаралда тIобитIараб UFCялъул иргадулаб турниралда Дагъистаналдаса речIчIухъан МухIамад Анкалаев дандчIвана Молдавиялдаса спортсмен Ион Куцелабагун.   ТIоцебесеб раундалъул байбихьудаго дандиясул ботIролъ кIицIул-лъабцIул мал щвезабуна нилъерас ва хадубго гьурмалъ заралги кьабуна. Гьелъул хIасилалда Куцелаба тартадизе лъугьана ва 38-абилеб секундалда судияс къеркьейги чIезабуна. Гьеб лъугьана МухIамад Анкалаевасе щвараб ункъабилеб бергьенлъилъун. Къеркьей лъугIун хадуб Куцелаба, гьесул...

Запись

Ункъо магIарулав, ункъо чемпион

Гьал къоязда Чувашия республикаялъул тахшагьар Чебоксариялда тIобитIана рагъулаб самбоялъул рахъалъ Россиялъул чемпионат.   ИчIго батIияб цIайиялъул категориялда гьоркьоса Дагъистаналъул тIаса бищараб командаялъул мухъилъ цеве вахъарав ункъо спортсменас гьениб тIоцебесеб бакI ккуна. Рагъулаб самбоялъул рахъалъ Россиялъул чемпионаллъун рахъана Мухтар ХIамзаев (57 кг), Загьид ХIайдаров (74 кг), Султан ГIалиев (90 кг) ва ХIажимурад Баширов (100 кг). Гьедин...

Запись

Шираев – рейтингалъул тIогьив

Бащдаб лъагIел хутIун буго Токиоялда Олимпиялъул хIаял тIоритIизе. Эркенаб гугариялъул рахъалъ Россиялъул тIаса бищараб командаялъул мухъилъ гьенире ине ругел спортсменазул цIарал тренераз жеги рехсечIо.   Амма ракIчIун абизе кIола гьеб сияхIалда ГIабдулрашид Садулаевасул цIар букIине бугилан, щайгурелъул гьев ахирал соназда гIахьаллъаралщинал турниразда бергьана. Гьединго Олимпиялъул хIаязде унезул сияхIалде ккезе бегьула Заур Угуев, ХIажимурад Рашидов, Заурбек...

Запись

«Анжигун» бажаричIо, цIиялъул хIалбихьила

Ахираб заманалда профессионалияб лигаялда МахIачхъалаялъул лъабго команда хIалеб букIаниги, гьезул цонигиялъ рихьизарулел гьечIо лъикIал хIасилал. Гьел командабиги руго турниралъул таблицаялъул рачIалда. АхIвал-хIал гьединаб букIиналъе гIиллалъунги ккола клубазул я спонсорал, я гIураб къадаралда финансаздалъун гьел хьезарун бажарулел нухмалъулел гьечIолъи. Амма Россиялъул батIи-батIиял информациялъул алатаз лъазабухъе, кватIичIого Дагъистаналда цIидасан гIуцIизе буго къуватаб клуб. Гьелъул хважаинлъунги вукIине вуго...

Запись

ГIумар НурмухIамадов цеве вахъине бегьула 18 апрелалда СШАялъул Бруклиналда тIобитIизе бугеб UFC-249 турниралда

ХIабиб НурмухIамадовасул вацгIал ГIумар НурмухIамадов цеве вахъине бегьула 18 апрелалда СШАялъул Бруклиналда тIобитIизе бугеб UFC-249 турниралда. Гьедин лъазабуна Америкаялъул информациялъулал алатаз. Амма НурмухIамадовазул социалиял гьиназда гьелъул хIакъалъулъ биценго гьабулеб гьечIо.Рехсараб гIуцIиялъул турниразда ГIумарица гIахьаллъиго гьабун букIинчIо. ГьабсагIаталда дагъистанияв вуго Америкаялъул Сан-Хосеялда «АКА» клубалда ХIабибгун цадахъ ругьун гьавулев.Бруклиналда букIине бугеб UFCялъул иргадулаб турниралъул аслияб къеркьеялда ХIабиб...