Гьал къоязда Москваялда тIобитIана гугариялъул рахъалъ «Гран- при Москва — Кубок Алроса» турнир. Цебеккун букIинчIеб гIадинаб, цIияб къагIидаялда гIуцIараб турниралда эркенаб гугариялъул, грепплингалъул, греказулгун румазул гугариялъул рахъалъ къецазда цере рахъана машгьурал спортсменал. Гран-приялъе хасаб статус кьуна гьелда кIицIул Олимпиялъул чемпион ГIабдурашид Садулаев гугаризе вукIиналъги. 97 кг цIайиялда гьев дандчIвана Македониялъул рахъалъ цеве...
