Араб анкьалда Хунзахъ районалъул ТIануси росулъ тIобитIана боксалъул рахъалъ Россиялъул анкьцIул чемпион, дунялалъул чемпионаталъул гIарцул ва мазгарул призер, Олимпиялъул хIаязул гIахьалчIужу СагIадат ТIалхIатовалъулгун дандчIвай. ГьитIинаб ватIаналъул цIар машгьур гьабурай спортсменгун дандчIваялде рачIаразда гьоркьор рукIана районалъул бетIер НурмухIамад Зайдиев, администрациялъул хIалтIухъаби, росуцоял, районцоял. Гьединго СагIадатида бергьенлъаби баркизе рачIаразда гьоркьор рукIана Гъизилюрт районалъул бетIер Рустам...
