Запись

Живго жинкьаго къуна

    Сочиялда букIараб жубараб речIчIухъанлъиялъул рахъалъ AMC Fight Nights 104 турнира­лъул аслияб къеркьеялда МухIамад ИсмагIилов дандчIвана Владимир Минеевгун. Дагъистанияс дандияв тIоцебесеб кIиго раундалда лъикIго вухана. Амма лъабабилеб раундалда МухIамад свакана ва къеркьеялъул сурат тIубанго хисана. ТIокIлъигун вагъулев вукIарав дагъистанияс байбихьана нахъе къазе ва раунд лъугIилелде тату хун гIодов ккана. Къеркьеялдаса хадуб турнир бачунев вукIарав...

Запись

«Россиялъул ТАНК» кIодо гьавуна

    МахIачхъалаялда «7 континент» абураб дармилаб централъуб бугеб «Океан» рестораналда тIобитIана ГIабдурашид СагIадулаевасул хIурматалда данделъи. ЧIарадисезул жамгIияталъ гьенире ракIарун рукIана республикаялъул гIелмияб ва творческияб интеллигенция, спорталъул церехъаби. Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасги. Олимпиязул хIаязул кIицIул чемпион ва дунялалъул къецазда щуго нухалъ чIел босарав чи ккола ГIабдурашид. Гьесулги гьес росулел ругел бергьенлъабазулги хIакъалъулъ...

Запись

ГIабдурашид — щуабилебги нухалъ дунялалъул чемпион

     Норвегиялъул Осло шагьаралда тIобитIана эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионат. Гьелда Россиялъул тIаса бищараб командаялъ лъабго меседил, цо гIарцул ва ункъо мазгарул медальгун ккуна тIоцебесеб бакI. Лъабабгоги меседил медаль щвана Дагъистаналдаса спортсменазе. Дунялалъул чемпионаллъун рахъана ГIабдурашид Садулаев (97 кг), ГIабасхIажи МухIамадов (61 кг) ва Загьир Шахиев (65 кг).    Дунялалъул чемпионаталде унелъул, Голландиялъул тахшагьар...

Запись

Ишан босун буго, гIуж рикIкIад гьечIо

     Москваялда аскариязда гьоркьоб тIобитIараб боксалъул рахъалъ дунялалъул чемпионаталда Россиялъул тIаса бищараб командаялъул мухъилъ цере рахъана Дагъистаналдаса спортсменал СагIадат ТIалхIатовагун Ражаб Ражабов.   Дагьал цере Токиоялда рукIарал Олимпиялъул хIаязда битI ккечIей СагIадат гьений цее яхъана 69 кг цIайиялда ва, дандиязда тIад ракIчIарал бергьенлъабиги росун, мустахIикълъана меседил меда­лалъе.   Гьединабго къагIидаялда данди­яздаса бергьарав Ражаб Ражабовасе­ги...

Запись

Ослоялде цIиял бергьенлъабазда хадур

     2-10 октябралда Норвегиялъул Осло шагьаралда тIобитIизе буго гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионат. Эркенаб гугариялъул рахъалъ гьелда гIахьаллъизе ругел спортсменазул цIарал загьир гьа­руна бетIерав тренер Дзамболат Тадеевас. КIицIул Олимпиялъул, ун­къо нухалъ дунялалъулгун Европаялъул чемпион ГIабдурашид Саду­лаевасул цевехъанлъиялда Норвегиялде ине руго: Абубакар Муталиев (57 кг), ГIабасхIажи МухIамадов (61 кг), Загьир Шахиев (65 кг), Евге­ний Жербаев (70...

Запись

Бергьаразе ункъ-ункъ, призеразе кIи-кIи миллион

     Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликовас ша­пакъаталгун гIарцулал сайгъатал кьуна Токиоялда тIоритIарал Олимпиялъул ва Паралимпиялъул хIаязул чемпионазегун призеразе.    Республикаялъул нухмалъулесулгун букIараб дандчIваялда гIахьаллъана эркенаб гугариялъул рахъалъ Олимпиялъул чемпион Завур Угуев, мазгарул призер ХIажимурад Рашидов, боксалъул рахъалъ мазгарул призер Земфира МухIамадгIалиева, клаб рехиялъ­ул рахъалъ Паралимпиялъул чем­пион Муса Таймазов, паратхеквон­доялъул рахъалъ Паралимпиялъул мазгарул призерал...

Запись

Карпиница Агъаларовасда божилъи гьабуна

       Дагъистаналдаса гIолохъанав футболист ХIамид Агъаларов восун вуго улкаялъул тIаса бищараб коман-аялъул кIудияб сияхIалде гъорлъе.   Дагъистаналдаса футболист жеги гьеб сияхIалде восун вукIинчIо.   Гьеб ккола нилъе республикаялъул тарихалда тIоцебесеб хIужа.   Россиялъул тIаса бищараб командаялъул бетIерав тренер Валерий Карпиница ахIун вуго гьев гьениве.   ХIамид Агъаларов гьавуна Ма­хIачхъалаялда, гьесул буго 21 сон....

Запись

Аслияб масъала — гIолилал яхI-намусалде куцай

  Дагъистаналда бищунго машгьураб спортивияб школалъун рикIкIине бегьула, гIадамаз Маркаровасулинги абула гьелда, «Лъи­малазулгун гIолилазул Олимпиялъул нахъраталил школа». Ахираб 20 соналда жаниб рехсараб спортивияб школалъ къватIиве виччана нус-нус футболисталги, тхэквондисталги, каратисталги, волейболи­сталги, хIатта шахматисталгицин. Амма гьезда гьоркьор бищунго машгьураллъун ккола футболистал — Шамил ЛахIиялов, Мурад Ра­мазанов, Нарвик Сирхаев, Расим ТIагьирбеков ва гIемерал цогидал. Футболалде цIикIкIун кIвар...

Запись

ТIадегIанаб лигаялде рорчIизе хьулгун

Ф у т б о л а л ъ у л рахъалъ Россиялъул ч е м п и о н а т а л ъ у л миллияб лигаялъ­ул ичIабилеб турал­да Пятигорскиялда МахIачхъалаялъул «Анжи» дандчIвана «Машук- КВМ» командагун. ТIад кIалъазе бакI гьечIеб хIайги бихьи­забун, 0:3 хIисабгун ракIчIараб бергьен­лъи босана нилъер ко­мандаялъ. Дандиязул кавабахъе голал кьа­буна...

Запись

ХIадурал руго цIиял бергьенлъабазде

      Улкаялъул президент Владимир Путиница Кремлялда къабул гьа­руна Токиоялъул Олимпиялъул хIаязул чемпионал. Гьездаго гьор­кьор, эркенаб гугариялъул рахъалъ кIицIул Олимпиялъул чемпион ГIабдурашид Садулаевасул цебехъанлъиялда гъоркь, рукIана Дагъ­истаналдаса атлеталги. Гьезул щивасе Владимир Путиница кьуна шапакъатал. Президентас ГIабдурашид Садулаевасул каранда бана «ХIурматалъул гIаламат» орден, «Гьудуллъиялъул гIаламат» орденазе мустахIикълъана Заур Угуевгун Альберт Батыргъазиев. Тадбиралда кIалъазе вахъарав ГIабдурашидица улкаялда...