Запись

СагIадат — анкьабилебги нухалъ Россиялъул чемпионка

      Челябинскиялда тIобитIана бок­салъул рахъалъ Россиялъул чем­пионат. Гьелда лъабго къеркьеял­да бергьинеги бергьун, улкаялъул чемпионкалъун яхъана дагъиста­нияй СагIадат ТIалхIатова. Гьел­далъун 66 кг цIайиялда цее яхъ­уней гьей анкьабилебги нухалъ ккана улкаялъул чемпионкалъун. Турниралда гьей къеркьана лъабго нухалъ ва лъабалдагоги дандиязда тIад росана ракIчIарал бергьенлъа­би. Финалалда СагIадатица къеза­юна Москваялдаса спортсменка Анастасия Эсман.  

Запись

ЦIиял бергьенлъаби, цIиял къагIидаби

     Гьал къоязда Москваялда тIобитIана гугариялъул рахъалъ «Гран- при Москва — Кубок Алроса» турнир. Цебеккун букIинчIеб гIадинаб, цIияб къагIидаялда гIуцIараб турниралда эркенаб гугариялъул, греп­плингалъул, греказулгун румазул гугариялъул рахъалъ къецазда цере рахъана машгьурал спортсменал.    Гран-приялъе хасаб статус кьуна гьелда кIицIул Олимпиялъул чем­пион ГIабдурашид Садулаев гуга­ризе вукIиналъги. 97 кг цIайиялда гьев дандчIвана Македониялъул рахъалъ цеве...

Запись

ЦIиял бергьенлъаби, цIиял къагIидаби

     Гьал къоязда Москваялда тIобитIана гугариялъул рахъалъ «Гран- при Москва — Кубок Алроса» турнир. Цебеккун букIинчIеб гIадинаб, цIияб къагIидаялда гIуцIараб турниралда эркенаб гугариялъул, греп­плингалъул, греказулгун румазул гугариялъул рахъалъ къецазда цере рахъана машгьурал спортсменал.    Гран-приялъе хасаб статус кьуна гьелда кIицIул Олимпиялъул чем­пион ГIабдурашид Садулаев гуга­ризе вукIиналъги. 97 кг цIайиялда гьев дандчIвана Македониялъул рахъалъ цеве...

Запись

Дунялалъул чемпионаталдаса тIад руссана 17 медальгун

      ДРялъул физическияб культураялъулгун спорталъул министрасул ишал тIуралев Сажид Сажидов дандчIвана Белградалда букIараб дунялалъул чемпионаталдаса 17 медальгун тIадруссарал грепплингалъул рахъалъ Дагъистаналъул тIаса бищараб командаялъул спортсменалгун. «Баркула дунялалъул чемпионаталда щварал медалал. Нужеца цоги нухалда бихьизабуна бищунго къуватал грепплерал  Дагъистаналда ругеблъи. 17 медаль, гьезда гьоркьоб 9 меседилги, гьеб республикаялъе ккола кутакалда лъикIаб хIасил. Ахирал соназда...

Запись

ГIумар НурмухIамадов къеркьезе вуго марталда

       ХIабиб НурмухIамадовасул вацгIал ГIумар НурмухIамадов цеве вахъине вуго 19 марталда Лас-Вегасалда букIине бугеб UFCялъул иргадулаб турниралда. Дагъистанияв къеркьезе вуго Уэльсалдаса речIчIухъан Жек Шоргун. UFCялда ГIумар НурмухIамадовасул кIиабилеб къеркьей букIине буго гьеб. ТIоцебеселда гьес ракIчIараб бергьенлъи босун букIана Казахстаналдаса Сергей Морозовасда тIад. ГIумар октагоналде вахъана 13 нухалъ ва киналго речIчIиязда бергьенлъиги босана. Жек...

Запись

Гьужумалъулазул сияхIалда тIоцевесев

    Иргадулаб нухалдаги дандиязул кавабахъе голал кьабуна Дагъистаналдаса футболист ХIамид Агъаларовас. РПЛалъул 15-абилеб туралда гьев хIалеб «Уфа» команда дандчIвана «Ростовгун». ТIоцебесеб гол Агъаларовас дандиязул кавабахъе кьабуна тIоцебесеб таймалда. КIиабилелдаги гьев гIакIадул майданалда гIодов ккезавуна «Ростовалъул» футболистас ва гьелъул хIасилалда судияс «Ростовалъул» кавабахъе пенальтиги бихьизабуна. Гьеб дандиязул кавабахъе кьабун хадуб, 13 голгун РПЛалъул бомбардиразул сияхIалда...

Запись

Аскариязда гьоркьов  дунялалъул чемпион

       Тегераналда букIараб эркенаб гугариялъул рахъалъ аскариял хъулухъчагIазда гьоркьоб дунялалъул чемпионаталда меседил медалалъе мустахIикълъана Дагъистаналдаса спортсмен МухIамад КъурбангIалиев. Гьес тIоцебесеб бакI ккуна 74 кг цIайиялда. Ираналъул тахшагьаралда КъурбангIалиев ургуялде вахъана лъабго нухалъ.   Гьес балл кьечIого къезаруна Шри-Ланкаялдасагун Армениялдаса речIчIухъаби. Финалияб къеркьеялдайин абуни, турниралъул хважаин къезавуна дагъистанияс 1:4 хIисабгун. МухIамад КъурбангIалиев ккола эркенаб...

Запись

Къеркьезе дагъистаниязда лъала

    UFCялъул вукIарав чемпион ХIабиб НурмухIамадовас ва РФялъул баскетболалъул федерациялъул президент Андрей Кириленкоца МахIачхъалаялъул 48-абилеб школалда рагьана спортивияб майдан. Гьениб буго баскетбол хIалеб корт ва речIчIухъабазе къеркьезе санагIатаб октагон.      Кубачиязул накъишаз берцин гьабураб, баскетболистазегун речIчIухъабазе киналго шартIал чIезарураб гьеб спортивияб майдан школалъе сайгъат гьабуна «Кириленко-детям» абураб гурхIел-рахIмуялъул фондалъ. «Гьаб майдан гьабизе ракIалде...

Запись

ГIумруялъул гIашикъаб лахIзат

        Сажид Сажидов лъаларев чи Дагъистаналда къанагIатги ватиларо. 1980 соналда гьавурав ЦIумада районалъул Гьигьалъ росулъа гьев вукIана профессионалияв спортсменлъун, ккола эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъулгун Европаялъул кIицIул чемпион, Олимпиялъул хIаязул мазгарул призер. Сажидица нухмалъи гьабуна гьебго спортивияб тайпаялъул рахъалъ республикаялъул тIаса бищараб командаялъе, гIезегIан заманалда хIалтIана эркенаб гугариялъул федерациялъул президентлъун. ГьабсагIаталдайин абуни хIалтIулев...

Запись

Дагъистаналъул къадруги чияр ракьалъул къануналги цIунун

   ХIалтIулаб сапаргун Орел областалде щвана ДРялъул Физкультураялъулгун спорталъул ва Миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министерствабазул вакилзаби. Гьел дандчIвана рехсараб регионалда гIумру гьабун ругел ракьцоялгун, Мценск шагьаралъул мэр Сергей Волковгун ва щвана спортивиял школаздеги.       Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукIана Спорталъул министерствоялъул управлениялъул нухмалъулев Халитбег МахIачев, Орел областалда вугев Дагъистаналъул хIукуматалъул вакил ГIисабег МухIамадов, «ВатIан...