Запись

Гьужумалъулазул сияхIалда тIоцевесев

    Иргадулаб нухалдаги дандиязул кавабахъе голал кьабуна Дагъистаналдаса футболист ХIамид Агъаларовас. РПЛалъул 15-абилеб туралда гьев хIалеб «Уфа» команда дандчIвана «Ростовгун». ТIоцебесеб гол Агъаларовас дандиязул кавабахъе кьабуна тIоцебесеб таймалда. КIиабилелдаги гьев гIакIадул майданалда гIодов ккезавуна «Ростовалъул» футболистас ва гьелъул хIасилалда судияс «Ростовалъул» кавабахъе пенальтиги бихьизабуна. Гьеб дандиязул кавабахъе кьабун хадуб, 13 голгун РПЛалъул бомбардиразул сияхIалда...

Запись

Аскариязда гьоркьов  дунялалъул чемпион

       Тегераналда букIараб эркенаб гугариялъул рахъалъ аскариял хъулухъчагIазда гьоркьоб дунялалъул чемпионаталда меседил медалалъе мустахIикълъана Дагъистаналдаса спортсмен МухIамад КъурбангIалиев. Гьес тIоцебесеб бакI ккуна 74 кг цIайиялда. Ираналъул тахшагьаралда КъурбангIалиев ургуялде вахъана лъабго нухалъ.   Гьес балл кьечIого къезаруна Шри-Ланкаялдасагун Армениялдаса речIчIухъаби. Финалияб къеркьеялдайин абуни, турниралъул хважаин къезавуна дагъистанияс 1:4 хIисабгун. МухIамад КъурбангIалиев ккола эркенаб...

Запись

Къеркьезе дагъистаниязда лъала

    UFCялъул вукIарав чемпион ХIабиб НурмухIамадовас ва РФялъул баскетболалъул федерациялъул президент Андрей Кириленкоца МахIачхъалаялъул 48-абилеб школалда рагьана спортивияб майдан. Гьениб буго баскетбол хIалеб корт ва речIчIухъабазе къеркьезе санагIатаб октагон.      Кубачиязул накъишаз берцин гьабураб, баскетболистазегун речIчIухъабазе киналго шартIал чIезарураб гьеб спортивияб майдан школалъе сайгъат гьабуна «Кириленко-детям» абураб гурхIел-рахIмуялъул фондалъ. «Гьаб майдан гьабизе ракIалде...

Запись

ГIумруялъул гIашикъаб лахIзат

        Сажид Сажидов лъаларев чи Дагъистаналда къанагIатги ватиларо. 1980 соналда гьавурав ЦIумада районалъул Гьигьалъ росулъа гьев вукIана профессионалияв спортсменлъун, ккола эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъулгун Европаялъул кIицIул чемпион, Олимпиялъул хIаязул мазгарул призер. Сажидица нухмалъи гьабуна гьебго спортивияб тайпаялъул рахъалъ республикаялъул тIаса бищараб командаялъе, гIезегIан заманалда хIалтIана эркенаб гугариялъул федерациялъул президентлъун. ГьабсагIаталдайин абуни хIалтIулев...

Запись

Дагъистаналъул къадруги чияр ракьалъул къануналги цIунун

   ХIалтIулаб сапаргун Орел областалде щвана ДРялъул Физкультураялъулгун спорталъул ва Миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министерствабазул вакилзаби. Гьел дандчIвана рехсараб регионалда гIумру гьабун ругел ракьцоялгун, Мценск шагьаралъул мэр Сергей Волковгун ва щвана спортивиял школаздеги.       Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукIана Спорталъул министерствоялъул управлениялъул нухмалъулев Халитбег МахIачев, Орел областалда вугев Дагъистаналъул хIукуматалъул вакил ГIисабег МухIамадов, «ВатIан...

Запись

Живго жинкьаго къуна

    Сочиялда букIараб жубараб речIчIухъанлъиялъул рахъалъ AMC Fight Nights 104 турнира­лъул аслияб къеркьеялда МухIамад ИсмагIилов дандчIвана Владимир Минеевгун. Дагъистанияс дандияв тIоцебесеб кIиго раундалда лъикIго вухана. Амма лъабабилеб раундалда МухIамад свакана ва къеркьеялъул сурат тIубанго хисана. ТIокIлъигун вагъулев вукIарав дагъистанияс байбихьана нахъе къазе ва раунд лъугIилелде тату хун гIодов ккана. Къеркьеялдаса хадуб турнир бачунев вукIарав...

Запись

«Россиялъул ТАНК» кIодо гьавуна

    МахIачхъалаялда «7 континент» абураб дармилаб централъуб бугеб «Океан» рестораналда тIобитIана ГIабдурашид СагIадулаевасул хIурматалда данделъи. ЧIарадисезул жамгIияталъ гьенире ракIарун рукIана республикаялъул гIелмияб ва творческияб интеллигенция, спорталъул церехъаби. Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасги. Олимпиязул хIаязул кIицIул чемпион ва дунялалъул къецазда щуго нухалъ чIел босарав чи ккола ГIабдурашид. Гьесулги гьес росулел ругел бергьенлъабазулги хIакъалъулъ...

Запись

ГIабдурашид — щуабилебги нухалъ дунялалъул чемпион

     Норвегиялъул Осло шагьаралда тIобитIана эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионат. Гьелда Россиялъул тIаса бищараб командаялъ лъабго меседил, цо гIарцул ва ункъо мазгарул медальгун ккуна тIоцебесеб бакI. Лъабабгоги меседил медаль щвана Дагъистаналдаса спортсменазе. Дунялалъул чемпионаллъун рахъана ГIабдурашид Садулаев (97 кг), ГIабасхIажи МухIамадов (61 кг) ва Загьир Шахиев (65 кг).    Дунялалъул чемпионаталде унелъул, Голландиялъул тахшагьар...

Запись

Ишан босун буго, гIуж рикIкIад гьечIо

     Москваялда аскариязда гьоркьоб тIобитIараб боксалъул рахъалъ дунялалъул чемпионаталда Россиялъул тIаса бищараб командаялъул мухъилъ цере рахъана Дагъистаналдаса спортсменал СагIадат ТIалхIатовагун Ражаб Ражабов.   Дагьал цере Токиоялда рукIарал Олимпиялъул хIаязда битI ккечIей СагIадат гьений цее яхъана 69 кг цIайиялда ва, дандиязда тIад ракIчIарал бергьенлъабиги росун, мустахIикълъана меседил меда­лалъе.   Гьединабго къагIидаялда данди­яздаса бергьарав Ражаб Ражабовасе­ги...

Запись

Ослоялде цIиял бергьенлъабазда хадур

     2-10 октябралда Норвегиялъул Осло шагьаралда тIобитIизе буго гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионат. Эркенаб гугариялъул рахъалъ гьелда гIахьаллъизе ругел спортсменазул цIарал загьир гьа­руна бетIерав тренер Дзамболат Тадеевас. КIицIул Олимпиялъул, ун­къо нухалъ дунялалъулгун Европаялъул чемпион ГIабдурашид Саду­лаевасул цевехъанлъиялда Норвегиялде ине руго: Абубакар Муталиев (57 кг), ГIабасхIажи МухIамадов (61 кг), Загьир Шахиев (65 кг), Евге­ний Жербаев (70...