КъватIисезул бакIалда — нилъералго Росдал магIишаталъе хIажатал хьонал Дагъистаналдаго гIезаризе руго 29 январалда ДРялъул бетIер Владимир Васильевас тIобитIараб данделъиялда гIахьаллъана «Овощал гIезариялъул федералияб гIелмияб центр» абураб федералияб пачалихъияб гIелмияб идараялъул директор Алексей Солдатенко.Республика цебетIезабулеб аслияб нухлъун Васильевас рехсана Дагъистаналъул нухмалъиялъулги, гIалимзабазулги, росдал магIишаталъул махщелчагIазулги цадахъаб хIаракат. «Цадахъаб хIаракаталдалъун рес щола ругел шартIаздаса цIикIкIун пайда босизе....

