Тахшагьаралъул цIияв бетIер Мэрасда цIар чIвана Тахшагьаралъул мэрасул хъулухъалъе гIоло къеркьолев вукIана 40 чи. Гьезда гьоркьоса ункъояс, рищиязул заман тIаде щвелалдего, кандидатура нахъе бахъана, кIигояс инкар гьабуна комиссиялда цебе кIалъаял гьарун хадуб ва кIигояв вачIинего вачIинчIо рищизул комиссиялде жидерго программабигун. Щивав кандидатасулгун гара-чIвариялги гьаруна комиссиялъул гIахьалчагIаз. Гьел тадбиразул хIасилалда, къецалда гIахьаллъизе ихтияр щвана лъабго кандидатасе:...
