ЛъикIаб хIалбихьиялдаса пайда боси Араб анкьалъ Дагъистаналде щвана Татарстаналъул вакилзаби Татарстаналдаса рачIарал гьалбадерида гьоркьов вукIана гьезул бетIер Рустам Миннихановги. Гьевгун дандчIвана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев. Гьел цадахъ щвана республикаялъулаб МФЦялдеги, ахирал соназда рагьарал предприятияздеги, Гьудуллъиялъул рокъореги. Татарстаналъул вакилзаби Дагъистаналде рачIун рукIана республикаялъул промышленниял предприятиязул хIалтIул хIалбихьиялдаса пайда босизе. Гьезулгун гьарурал цадахъал сапараздаса...
