ДРялъул бетIерас тIобитIараб данделъиялда бицана республикаялъул шагьаралгун росаби токалдалъун хьезариялъул масъалабазул хIакъалъулъ Ахираб анкьалъ токги гьеч1ого хут1ун рук1ана цо чанго шагьаралъул районаздаги росабалъги гIумру гьабулел дагъистаниял. Гьелъие «гIайибияблъунги» батана гьава-бакъалъул шарт1ал. Масала, данделъиялда кIалъарав «Дагъистаналъул сетазул компания» АОялъул нухмалъулев директор МуртазагIали ГьитIинасуловас бицана гьабсагIаталда г1орхъолъа борч1араб ахIвал-хIал гьечIин. «1-2 декабралда бана цIад ва пуна...
